Аслияб гьумералде

Гъваридаб лъаялъул имам

Гъваридаб лъаялъул имам

Имам ат-Тирмизи

 

Нилъеда лъазе ккола нилъерго диналъул имамзаби. Гьелги ккола Аллагьас ﷻ дин цIунизе ритIарал чагIи. Щайин абуни, Аллагьас ﷻ абун бугелъул, Жинца гьаб дин цIунизе бугин абун. Живго БетIергьан вачIунаро гьеб цIунизе, Аллагьас ﷻ гьеб цIунула гьединал гIалимзабаздалъун. Гьединал имамзабаздасан ккола имам Тирмизиги. 

 

Гьесул битIараб цIар ккола МухIаммад ибн ГIиса ибн Сар ибн Дакъакъ ас-Сулами ат-Тирмизи. Гьесда абулаан Абу ГIисайилан, ай ГIисал эмен абун.

Тирмизи гьавуна 824 (гьижрияб 209 с.) соналъ Узбекистаналда, Буг абураб росулъ яги Термез абураб шагьаралда. Термез букIана Самаркъандалдаги Бухаралдаги ва цогидаб рахъалъ лъай кьеялъул центрлъун букIараб Балхалдаги гьоркьоб бухьен гьабулеб бакIлъун. Гьединлъидал гIемерал гIалимзабазул аслу бухьинабула гьеб рахъалда.

 

Сапаралъ вахъин

Имам Тирмизица ватIаналдаса рикIкIад вукIаго хIадисал ракIарун рукIана къогогIанасеб соналъ. Къого сон барав Тирмизи цIалана шайих ИсхIакъ ибн РахIувайгьи Марвазида ва гIемерал цогидал гIалимзабазда цеве. 25 сон тIубалеб мехалъ (цоги риваяталда рекъон, къоло анлъго сон), гьев ана ГIиракъалде, Басра шагьаралде ва байбихьана машгьурал гIалимзабазухъа дарсал росизе. Гьелдаса хадув ана ХIижазалде.

Тирмизил сапар халатбахъана гьижрияб 250 соналде щвезегIан. Рокъове тIадвуссун вачIиндал, гIалимчияс гIемераб гара-чIвари гьабуна имам Бухарилгун, гьесда цадахъ гьес халгьабуна жиндихъего щварал хIадисазухъ. Гьелдаса хадуб гурони гьес «Ал-ЖамигI ас-сахIихI» абураб тIехь хъвазеги байбихьичIо.

 

МугIалимзаби ва цIалдохъаби

Тирмизи дандчIвана жиндир заманалъул гIемерал машгьурал гIалимзабигун.

Гьижрияб лъабабилеб гIасруялда абула «меседилаб» гIасруйилан. «Кутуб ас-Ситта» абун лъалел машгьураб анлъго хIадисазул тIехьалъул имамзаби гIумру гьабулел ва хIалтIулел рукIана гьеб гIасруялда:

  1. МухIаммад ибн ИсмагIил Абу ГIабдуллагь ал-Бухари (гьижрияб 194-256).
  2. Муслим ибн ХIадаж ал-Къушайри Абул-ХIусайн (гьижрияб 204-261).
  3. Абу ГIиса МухIаммад ат-Тирмизи (209–279).
  4. Абу Дауд Сулейман ибн ал-АшгIас ас-Сижистани (гьижрияб 202-275).
  5. АхIмад ибн ШугIайб Абу ГIабдулрахIман ан-Насаи (215-303).
  6. Ибн Мажагь МухIаммад ибн Язид ибн Мажагь Абу ГIабдуллагь (209-273).

Имам Тирмизи дандчIвана машгьурал гIалимзабигун. Масала, ГIабдуллагь ибн МугIавия ал-Жумагьи (хвана гьижрияб 243 соналъ, 100 сонги бан). Гьев вукIана хIадис-гIелмуялъул гIалимчи. ГIумру гьабуна ГIиракъалъул Басра шагьаралда; ГIали ибн ХIужр ал-Марвази (хвана гьижрияб 244 с.), хIафиз. Гьев вукIана гIемерал машгьурал гIалимзабазул мугIалимлъун, гьезда гьоркьор рукIана имам Бухари, Муслим, ан-Насаи; Сувайд ибн Наср ибн Сувайд ал-Марвази (хвана гьижрияб 240 соналъ, гьесул букIана 91 сон). Гьевги ккола хIадисалъул гIалимчи. ТIадегIанал табигIиназул ГIабдуллагь ибн Мубаракил ва Суфьян ибн ГIуяйнил мутагIил; МухIамад ибн ГIабдулмалик ибн Абу Аш-Шавариб (хвана гьижрияб 244 соналъ); ИсмагIил ибн Муса ал-Фазари ас-Судди (хвана гьижрияб 245 с.), ГIиракъалъул Куфа шагьаралъул мухIаддис. Имам Тирмизи, гьединго, вукIана имам Бухарил мутагIил ва гьесдасан хIадисал рицана.

 

Тирмизиясул ва гьесул тIахьазул хIакъалъулъ гIалимзабазул пикраби

КIудияв имам Бухарияс, жиндирго мутагIил кIодо гьавун абула: «Дун дудаса цIикIкIун разияв вуго мун дидаса вугевго гIадин», - ян.

Цо гIалимчияс Тирмизи веццун гьадин абуна: «Гьев вуго бищунго мухIканал ва лъикIал гIалимзабазул цояв. Гьесул руго фикъгьиялъул рахъалъ цIакъ къиматал асарал. Гьесда рихьана тIоцересел шайихзаби», - ян.

 

«Сунан» тIехьалъул къимат

Ибн Асирица «Тарих» абураб тIехьалда хъван буго: «Гьев вукIана имамлъун ва хIафизлъун. Гьес хъвана къимат тIадегIанал тIахьал. Гьезул бищунго камилаб тIехьлъун рикIкIуна «Ал-ЖамигIул-кабир», ай «Сунан Тирмизи».

«Кашфу Зуннун» абураб тIехьалда «Сунан Тирмизи» тIехьалъул хIакъалъулъ гьадин хъван буго: «Гьаб тIехь анлъалго хIадисазул тIехьазда гьоркьоса ккола лъабабилеблъун», - ян.

ХIафиз Абул-Фазл Макъдисияс абуна: «Дие гьаб тIехьалъул пайда цIикIкIараб буго Бухарилги Муслимилги тIахьаздаса, щайгурелъул гьездаса гIелму тIадегIанаб лъай бугел гIалимзабазе гурони щвезе рес гьечIо, амма Тирмизил тIехьалдаса пайда босизе бегьула щивав чияс», - ян.

Живго Тирмизияс жиндирго «Сунаналъул» хIакъалъулъ гьадин абуна: «Гьаб тIехь лъугIун хадуб дица гьеб сайгъат гьабуна ХIижазалъул, Хорасаналъул, ГIиракъалъул гIалимзабазе, гьез къабул гьабуна ва разилъи кьуна. Гьаб тIехь рокъоб цIунулев чиги вукIуна Авараггун ﷺ кIалъалев гIадин».

 

ГIумруялъул ахирисел сонал

Тирмизи вукIана гъваридаб лъай бугеб чи. Аллагь рехсараб мехалъ гьев гIодулаан, гьелъие гIоло гIумруялъул ахирисел соназда гьев беццалъунги вукIана. Амма Тирмизияс хIадисал ралагьи гьоркьоб къотIизе течIо ва хIадисазул «Сунан» тIехь, беццлъун вукIаго лъугIизабуна.

Цо сапаралъ унаго, имам Тирмизи лъалхъана. Щиб ккарабилан гьикъидал, гьес жаваб кьуна, жив чIараб бакIалда гъветI букIине кколаанин, гьелъул кьалбаз нухда унезе квалквал гьабулеб букIанин.

Амма гьесул гьалмагъзабаз гьединаб гъветI сверухълъиялдаго гьечIилан жаваб кьедал, имам Тирмизияс абула: «Гьаб бакIалъул гIадамазда цIехе гьеб гъотIол хIакъалъулъ, нагагьлъун цониги гъветI букIинчIин гьез абуни, дица хIадисал рицин тела, дирго ракIалда жо чIей загIиплъиялъ», - ян.

Амма росдал гIадамаз тасдикъ гьабуна цо заманалда гьениб гъветI букIараблъи, амма гьенисан унел нухлулазе санагIалъи букIиналъе гьеб нахъе бахъанин.

Тирмизияс хIадисазул хIалтIи тола мекъи ккезе гурин абун Аллагьасдасан букIараб хIинкъиялъ. Гьижрияб 279 соналъул 13-абилеб ражаб моцIалъ гьаб дунял тун уна машгьурав хIадисазул гIалимчи Абу ГIиса МухIамад ибн ГIиса ат-Тирмизи.

 

МухIаммаднаби АхIмаев

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...