Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. Каки чуриялъул тIоцебесеб парз щиб кколеб?

– Ният.

2. Кинаб мугIжизат Аллагьас ﷻ СалихI аварагасе загьир гьабураб?

– Гьесул гьариялда рекъон кьуруялдаса къватIибе варани бачIана.

3. Лъица гьеб варани чIвараб?

– Къадад ибну Салаф абурав чияс.

4. Азарго аяталда бащалъулеб сура щиб кколеб?

– Сура «Такасур».

5. «Аварагзабазул эмен» абун лъида абулеб?

– Ибрагьим аварагасда.

6. Лъелъ букIунеб щиб рухIчIаголъи рехсон бугеб Къуръаналда?

– Кит.

7. Кинаб тIокIцIар щвараб Абу Бакрие?

– Сиддикъ, Атык.

8. «Рекъав шагьид» абун лъие цIар щвараб?

– ГIамр бин ЖамухIие.

9. Гьуд витIарав къавмалъе чан къоялъ гIазаб гьабураб?

– Микьго къоялъги анкьго сордоялъги.

10. Адам авараг щиб къоялъ вижарав?

– Рузман къоялъ.

11. КIал кквей чамабилеб соналъ тIад гьабураб?

– Гьижрияб кIиабилеб соналъ.

12. Сивак хIалтIизабиялъул щиб хIукму бугеб?

– Суннатаб буго.

13. ГIумар ибну ГIазиз чамабилеб соналъ гьавурав?

– Гьижрияб 61-абилеб соналъ.

14. Константинопол лъица бахъараб?

– МухIаммад ФатихI СултIаница.

15.      Маликияб мазгьабалъе кьучI лъурав имам щив?

– Имам Малик.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...