Аслияб гьумералде

Суфиязул баракат щварав

Суфиязул баракат щварав

ЦӀар рагӀарав гӀалим ва бищунго кӀудияв мухӀадис Абу Зура ар-Рази гьавуна гьижрияб 200-абилеб соналъ, Рай абураб шагьаралда.

 

Имам АхӀмадица гьесул хӀакъалъулъ абуна: «Абу Зураясдаса хӀадисалъул рахъалъ цIикIкIун лъай бугев чи гьеб кьо (Багъдадалъул кьо) къотӀун инчIо», - ян.

Имам АхӀмадица абуна: «Абу Зураясда лъалареб хӀадис кьучӀ гьечIеблъун букIуна», - ян.

Имам АхӀмадица Абу Зураясда аскIоб паризаяб как гурони балароан, щайгурелъул гьесие бокьулаан Абу Зурагун хӀадисал дандразе, суннатал какал раялдаса.

Абу Зурал кутакаб бажариялъе нугӀлъи гьабун имам АхIмадица гьес абураб жо бицана: «ГӀелмабазул дир гӀундузда рагӀарабщинаб дида ракӀалда чӀолеб букIана». Багъдадалъул базаралдасан унеб мехалъ кочIохъаналъул гьаракь рагӀидал, гIундузда килщал къазарулаан гьеб ракIалда чIезе гурилан абун».

Гьединго гьес абуна: «Дир рокъор руго къоло щуго сон барал хъвай-хъвагӀаял, гьел хъваралдаса нахъе дун гьезухъ балагьичӀо. Амма дида ракӀалда буго гьезда жаниб хъварабщинаб жо, хIатта кинаб гьумералда бугебалицин».

Цо нухалъ пуланав чи гьедула Абу Зураясда нусазарго хӀадис лъачӀони, жинца чӀужу цIар тIамун йиччалилан. Гьеб суалалда тӀасан гӀадамал Абу Зурахъе рачӀуна ва гьикъула гьев чиясул лъадуда цIар кканищин абун. Абу Зураца жаваб кьола ккечIилан.

Гьединго, Абу Зураясда гьикъула, гьесда кӀинусазарго хӀадис рекӀехъе лъалеб гьечӀони, жинца чIужуялда цIар тIамулин гьедулев чиясул хӀакъалъулъ. Абу Зураца жаваб кьола гьесул цIар кколарин. Хадубги тӀаде жубала: «Дида лъала кӀинусазарго хӀадис, инсанасда сура «Ихлас» лъалеб гӀадин, дида ракӀалда лъабнусазарго хӀадисги буго», - ян.

ГӀолохъанаб заманаялъ Абу Зура рогьалил гIужалъ мугӀалимзабазухъе унев вукIана хӀадис цӀализе. Цо къоялъ гьесда нухда дандчӀвала херав чи. Херас гьесие салам кьола ва абула: «Я Абу Зура, дуе кIудияб къисмат хъван буго ва мун цӀакъ машгьурлъизе вуго. Воре, хӀакимзабазул нуцIбузде гӀагарлъуге», - ян. Цинги гьев херав чи тӀагӀуна. Заман индал гьев херав чиясул малъа-хъваялги кӀочон тун, хӀакимзабазухъе щола ва гьеб бакӀалда дандчӀвала херав чи. Гьев цӀакъ ццин бахъун вукIана ва Абу Зурае саламги кьун, абула: «Дица дуда абичӀищ хӀакимзабазул кавабахъе гӀагарлъуге», - ян. Цинги гьев цIидасан тӀагӀана. Абу Зурада ракӀалде ккана гьев Хизри вукIун ватилин. Гьелдаса хадуб Абу Зура киданиги хӀакимзабазул кавабазде аскӀове къаларо ва гьезда гьарун щибго абуларо».

Ибну ГIасакирица «Тарихул димашкъ» абураб тӀехьалда хъван буго: «Абу Зура ар-Разияс жиндирго мажгиталда как бана къоло щуго соналъ, живго ватӀаналде вуссун хадуб», - ян.

Цо къоялъ хӀадисалъул агьлу Абу Зурахъе рачӀуна ва гьезда гьесул михIрабалда хъвай-хъвагӀаял рихьула. Гьез гьикъула михIрабазда тӀад ругел хъвай-хъвагӀаязул хӀакъалъулъ. Абу Зураца жаваб кьола цо-цо гӀалимзабаз гьеб карагьатаблъун рикIкIанин. Гьез абула: «Гьаб (хъвай-хъвагӀаял) дур михIрабалда буго, дуда гьеб бихьичIищ?», - ян. Гьес абула: «СубхӀаналлагь, инсан Аллагьасда цеве чӀарав мехалъ цогидаб жо кин бихьизе кIолеб», - ян. Къого соналъ гьесда гьеб халлъун гьечIо Аллагь ﷻ гурони гьесул рекIелъ вукIинчIолъиялъ. Гьез гьикъула: «Бишр бин ХӀарисил ва имам АхӀмадил баракаталдалъунищ дуе гьеб щвараб?» - ян. ЩвечIин жаваб кьола Абу Зураца. Жиндие гьеб щванин дагьабго заманалъ суфиялгун вукIине щвеялъул баракаталдалъун.

Исламалъул тарихалда жаниб шаргӀалъул бищунго кӀудиял гӀалимзабаз суфиязулгун гьудуллъи гьабуна, гьездаса мисалги босана.

Абу Зура ар-Рази хвана гьижрияб 264-абилеб соналъул зулхӀижа моцӀалъ.

Хвалда вугеб мехалъ гьесда аскIор рукIана машгьурал гIалимзаби: Абу ХӀатим Рази гIадинал. Гьезда ракӀалде щола хӀадис, холев чиясда шагьадат ракӀалде щвезабизе кколин абураб. Амма гьел нечана кӀудияв имамасда гьеб ракӀалде щвезабизе. Цинги гьезул цояс гьаракь борхун хӀадис цӀализе гӀакълу кьола. Цо гӀалимчияс байбихьула гьеб хӀадис бицунел гIадамалгун цадахъ цӀализе, чанго чи рехседал, вуцIцIун чIола. Цогидас байбихьула цIализе ва ахиралде щвезегIан цIализе кIоларо. Гьенир рукIаразда гьеб рагIа-ракьанде щвезабизе кIоларо. Цинги Абу Зураца байбихьула кинабго рехсезе ва хадуб цIалула Аварагасул ﷺ хIадис: «Жиндир ахирисел рагIаби «Лаилагьа илла Ллагь» бугев чи Алжаналде лъугьуна», - ян. Гьел рагIаби абидал Абу Зура дунял тун уна.

Абула, Абу Зура хун хадуб макьилъ вихьанин ва гьесда гьикъанин: «Я Абу Зура, Аллагьас дуе щиб гьабураб?» - ян. Гьес жаваб кьола: «Дун дирго БетӀергьангун дандчӀвана, Гьес дида абуна: «Я Абу Зура, дида цебе лъимер бачӀуна, Дица гьеб Алжаналде битӀула. Дир лагъзадерил суннат цӀунарав чиясул щибха букӀинеб, гьединлъидал, дуца Алжаналда бокьараб бакӀ ккве», - ян.

Гьединго бицуна цо гӀалимчиясда макьилъ Абу Зура вихьанин зобалазда малаикзабигун цадахъ, какал ралел. Гьес Абу Зурада гьикъула гьеб макъамалде мун кин щваравин? Абу Зураца жаваб кьола: «Дица дирго квералъ миллион хӀадис хъвана, гьезда жаниб дица Аварагасде ﷺ салаватги хъван», - ян. Аварагас ﷺ абун бугелъулха: «Диде цо нухалъ салават цIаларав чиясде Аллагьас ﷻ анцӀго нухалъ салават цIалулин», - абун. 

 

МухIаммаднаби АхIмаев

2026-07-01 (МухIаррам 1448 с.) №13.


Аварагасги ﷺ тIадчIей гьабулеб букIараб

Къунуталъ (магьдина) какилъ хасаб бакI ккола ва гьеб ккола ШафигIияб мазгьабалда бищунго кIвар бугел суннатазул цояб. Гьеб буго рогьалил какил кIиабилеб ракагIаталда, рукугIалдаса хадуб цIалулеб хасаб дугIа. Гьединго къунут цIалула витрулъул какда, рамазан моцIалъул ахирисеб бутIаялда ва балагь...


ГIибадаталъулъ кIвахIаллъи

Имам Гъазалияс «ИхIяу гIулуму ддин» абураб тIехьалда хъван буго: «Гьелъие кумек гьабулеб алатлъун ккола гIибадаталъе хIаракат бахъулел гIадамазул лъикIлъабазул хIакъалъулъ бицунел харбазухъ гIенекки. Гьелдасаги лъикIаб – гьединал гIадамазулгун гьудуллъи гьаби (кинаб гIамал,...


ГIибадатлъун жиб кколеб

ДугIа ккола инсанасдаги Аллагьасдаги гьоркьоб бугеб рухIияб кьо. Кьоялда тIасан цогидаб рахъалде щвезе кIолебгIадин, гьанибги Аллагьасде ﷻ ахIи базе ва Гьесде гIагарлъизе кIола.   Аварагасул ﷺ хӀадисалда буго: «ДугӀа ккола гӀибадаталъул нах», - ян (ат-Тирмизи). ДугӀаялъул...


Аварагасул ﷺ ирсилазул цояв

Аварагасул ﷺ ирслъун жиб кколеб гIелму тIалаб гьабидал, Къуръан рекIехъе лъазабидал, нус-нус тIехь цIалидал, вукIунищха гьев чи Аварагасул ﷺ ирс босаравлъун? Аварагасул ﷺ ирс босаравлъун вукIине ккани, гьеб киналдаго цадахъ хирияв Аварагасул ﷺ тIабигIатал лъазарун ва жинцагоги гьездаса мисал босун...


Имам Маликилги ШафигIилги тIабигIат

Имам Малик ворхатав, берцинаб лагаялъул чи вукӀана. Гьев гӀахьаллъулел мажлисал гIодоре риччарал, лъаялъул цӀурал рукӀана. Байбихьуда имам Маликица лъазабулаан хӀадисазул кьучӀ: хIадисал рицунезул гӀадамазул гӀумру, асарал.   Имам Маликил 20 сон букӀана шаргӀалъул фатваби кьезе байбихьараб...