Аслияб гьумералде

Имам Абулкъасим Къушайри

Имам Абулкъасим Къушайри

Абулкъасим ГIабдулкарим ибну Хавазан ибну ГIабдулмалик ал-Къушайри гьавуна гьижрияб 376 соналъул рабигIул аввал моцIалъ, Нисабуралда аскIоб бугеб Устув шагьаралда.

 

Инсулги эбелалъулги рахъалдасан гьесул умумул рукIана Хорасаналде гочарал гIарабал. Гьесул эмен хвана имам Къушайри гьитIинго вугеб мехалъ. Эмен хун хадуб гьев витIана Абулкъасим Ямани абурав гIалимчиясухъе. Гьесда цебе гьес лъазаруна гIараб мацI ва цогидалги гIелмаби.

 

Нисабуралде сапар

ГIолохъанаб заманалда Къушайри гIелму тIалаб гьабизе Нисабуралде уна. Гьеб мехалъ гьесда ракIалде ккола математика цIализе, щайгурелъул доб заманалда гьесул росулъ батIи-батIиял налогал кьезе кколаан. ЛъикIаб куцалъ хIисаб-суал гьабизе бажарулев чи росулъ гьечIолъиялъ, гIемерисеб мехалъ яхI гьечIел чагIаз росдал гIадамал гуккулел рукIана. Къушайриясул хIукму ккола, гьанже абухъе, бухгалтерия лъазабизе, гIадамазул ахIвал-хIал бигьалъизабиялъул мурадалда. Амма Нисабуралда гьесул къасд кьучIдасанго хисизабураб лъугьа-бахъин ккана. Гьев гIахьаллъула кIудияв суфи, шайих Абу ГIали ад-Дакъакъил мажлисалда. Гьеб дандчIваялъ Къушайрие кIудияб асар гьабуна.

Къушайриясул хIукму ккола ТIадегIанав Аллагьасе гIоло гIумру тIобитIизе ва шайихасул муридзабазул къокъаялда гъорлъе лъугьуна. Къушайриясул кутакаб рокьи ккола кIудияв вали-шайих Абу Дакъакъихъ ва гьесул киналниги пикраби руссуна суфиязул нухдасан иналде.

Къушайриясул шайихасдехун рукIарал рекIел асаразул хIакъалъулъ жиндирго «Ар-Рисалат» абураб тIехьалда рехсарал мухъаздасан лъазе кIола: «Байбихьуда дун шайих Абу ГIали ад-Дакъакъихъе кIалги ккун ва чвердон хадув гурони унароан. ГIемер кколаан нуцIикIалтIе щун, жаниве ине квечIого нахъвуссарабги заман. Шайихасда цадахъ вукIараб заманалда ва гьев хвезегIан, ракIалда гьечIо, дица цо нухалъцин гьесулгун дагьабниги разилъи гьечIолъи дирго рекIелъ биччараб заман», - ян.

ГIажаиблъизе ккараб жо гуро гьединав ракIбацIцIадав мутагIиласул рокьи ккей ва гьес жиндирго хIалтIи байбихьизе гьев тIаса вищи. Шайихас жиндирго яс гьесие кьола. Гьезие гьавула щуго васги цо ясги. Гьесул киналго васал лъугьана машгьурал гIалимзабилъун ва ритIухъал гIадамаллъун.

Шайихасул малъа-хъваязда рекъон, имам Къушайрияс байбихьана Нисабуралда церетIурал гIалимзабазул мажлисазде хьвадизе. Гьеб мехалъ Нисабур букIана гIелмияб дунялалъул цебетIураб центрлъун. Гьеб шагьаралдаса рахъана гIемерал машгьурал гIалимзаби, хасго хIадисазул гIалимзаби. Бухаридаса хадуб кIвар бугеб кIиабилеб хIадисалъул тIехьалъул автор имам Муслим Нисабуралдаса вукIиналъ бицуна гьеб шагьаралда кинаб гIелму тIибитIун букIарабали.

Цо гIалимчияс абуна: «Нисабур ккола гIемерал мустахIикъал гIалимзаби рахъараб бакI, дица зиярат гьабурал шагьаразда гьоркьоб дида Нисабур гIадаб шагьар бихьичIо», - ян.

Ибну БатIутIица хъван буго гьеб шагьаралъул цIалул идараби, киналго цIалул идарабазда гьоркьо, бищунго лъикIаб бугин. Ибн БатIутIица гьел кIодо гьарулел руго Багъдадалъул ва Къагьиралъул университетаздасацин.

Нисабур шагьаралда Къушайрица байбихьана исламияб фикъгьи лъазабизе шафигIияб мазгьабалъул машгьурав Абубакар ат-Тусида абурав гIалимчиясда цебе. Гьединго гьес гIакъида ва усул фикъгьи цIалана машгьурав ибн Фуракъ абураб гIалимчиясда цебе ва лъугьана гьесул бищунго лъикIал мутагIилзабазул цоявлъун.

Ибн Фуракъ хун хадуб гьес байбихьана Абу ИсхIакъ Исфаранил мажлисазде хьвадизе. Рехсолеб буго имам Къушайрияс Исфаранил мажлисазда щибго хъван букIинчIин. Гьедин букIана чанго къоялъ. Гьеб бихьарав Исфаранияс абуна: «Гьаб гIелмуялда жаниб лъай щвезе ккани, гIицIго гIенекки гIоларо», - ян. Гьес гIолохъанчиясда бичIчIизабуна хъвай-хъвагIай гьабизе кколеблъи. Гьеб мехалъ имам Къушайрияс бицуна мугIалимасдасан рагIарабщинаб жо. Гьесул бажариялда гIажаиблъарав Исфаранияс абуна: «Дида лъалеб букIинчIо мун гьединаб даражаялде вахун вукIин. Дуе дир мажлисал къваригIунаро. Дуе гIола дир тIахьал, бичIчIулеб жо гьечIони цIехезе вачIа», - ян.

Гьединго имам Къушайри цIа-лана жиндир заманалъул гIемерал машгьурал гIалимзабазда цеве.

Гьижрияб 410 соналъ гьев хIежалде уна гIалимзаби Байгьакъигун ва Абу МухIамад Жувайнигун цадахъ. Гьеб сапаралъул заманалда гьев щвана дунялалъул гIемерал гIалимзабазухъе ва гьезухъа гIелму босана.

КватIичIого имам Къушайрил цIар рагIана тIолабго дунялалда, гIемерал церетIурал гIалимзабаз гьесие бищунго тIадегIанаб рецц-бакъ гьабуна.

Тажуддин ас-Субкияс «Табакъат аш-ШафигIил кубра» абураб тIехьалда хъван буго: «Жиндир заманалъул цевехъан ва бусурбабазе мисаллъунги баракатлъунги гьев вукIиналда гьесул гIасруялъул гIадамал тIадрекъана», - ян.

Имам Къушайрияс хъвана кIикъоялда анцIгоялдаса цIикIкIун тIехь. Амма гьезул цо бутIа гурони нахъе хутIун гьечIо. Гьесул бищунго машгьурал асаразул цо-цоял ккола Къуръаналъул тафсир ва «ар-Рисалатул Къушайрия» абулеб тасавуфалъул хIакъалъулъ хъвараб тIехь. Гьелда абула «Тасавуфазул тIахьазул эбел», - иланги.

ТIолабго дунялалда гьеб тIехь кидаго машгьураб буго, хIатта жакъаги. «Рисалатул Къушайри» буссинабун буго турк, перс, ингилис, паранг, немец мацIазде.

Имам Къушайрияс гьеб тIехь байбихьана суфиязул имамзабазул гIакъида баян гьабун. Хадуб тIехьалда кьолел руго машгьурал, ритIухъал гIадамазул ва тасавуфалъул имамзабазул таржамаби.

Имам Къушайрияс хъван буго: «Исламалъул тарихалда букIинчIо кIудиял гIалимзаби цониги суфиязул шайихасе мутIигIлъичIеб, гьезул адаб-хIурмат гьабичIеб», - ян.

Гьел рагIабазул нугIлъун ккола живго имам Къушайрил таржама. Нилъеда бихьана жиндир заманалъул бищунго кIудиял гIалимзабаз кинаб адаб-хIурмат гьесул гьабурабали. Жакъа мекъи ккарал гIадамаз хIаракат бахъула бусурбаби гIаксалда гьабизе тIамизе. Гьез гIалимзабазул рагIаби гьоркьоса къотIун жидеего данде кколеб хIалалда бицуна ва тасавуфалде данде хIалтIизабула. Гьез гIадамал божизарула исламалъул гIалимзаби тасавуфалда данде рукIанин абураб жоялда. Гьел мекъи ккарал гIадамазги хIалтIизабулеб буго бусурбабазда исламияб дунялалъул тарих лъангутIи. Тарих лъалеб букIарабани бихьилаан ислам тIадегIанлъиялъе хъулухъ гьабулел гIемерисел гIадамал тасавуфалда хурхарал рукIин.

Гьижрияб 465 соналъ имам Къушайрияс дунял тола ва Нисабур шагьаралда, жиндирго шайих Абу ГIали ад-Дакъакъида аскIов вукъула.

 

 

АрслангIали ГIумаров

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


МацIалъул хIинкъи

МацI ккола ТIадегIанав Аллагьас инсанасе кьурал бищунго кIудиял нигIматазул цояб. Гьелдалъун гIадамаз бухьен гьабула, гIелму бикьула, цоцазе квербакъула, Аллагь рехсола. Амма гьебго мацIалъги рачине бегьула кIудиял мунагьазде ва квешал хIасилазде, гьабулеб каламалда хадуб...


Рагъухъабазул гIумру хвасар гьабуна

ГIадатияб гуреб ва рекIее асар гьабулеб лъугьа-бахъин ккана СВОялда. Дагъистаналдаса школлъималаз гьабураб ва гуманитарияб кумек хIисабалда битIараб гьиналъ кумек гьабуна тушманасул дроналъ гьужум гьабичIого букIине ва нилъер рагъухъабазул гIумру хвасар гьабизе.    Гьеб кумек щварав...


Нужее баяналъе

  «ХIавамим» абурал сураби чан ругел? – Анкьго руго. Щал гьел кколел? – «Гъафир», «Фуссилат», «Шура», «Зухруф», «Духан», «Жасият», «АхIкъаф». Щай гьезие...


Муфтияталъул вакилзабазулгун дандчIвай

Буйнакск районалъул администрациялда тӀобитӀана районалъул бетӀерасул ишал тӀуразарулев Маликов Табиридаги гьенире рачӀарал Динияб идараялъул вакилзабаздаги гьоркьоб данделъи. Гьоркьор лъунги рукIана цадахъ рекъон хӀалтӀи гьабиялда хурхарал суалал. Данделъиялда гӀахьаллъана Буйнакск шагьаралъул ва...


Аллагь ﷻ вацIцIадав вуго

Жакъа нилъеда гIемер рихьула цо-цо чагIи, гIураб динияб лъайги гьечIел, гIараб мацIги лъаларел, амма гIакъидалъул гъваридал суалал гьоркьор лъолел. Гьез цохIо жидерго пикрабазда мугъчIвай гьабула, амма церехун рукIарал ритIухъал чагIазул - салафазул бичIчIи хIисабалда бихьизарула. Цо-цо мехалъ...