ГIелмабазул багьадур – имам СуютIи
Имам, хIафиз, мухIаддис, факъигь, машгьурав гIалим Жалалудин Абул Фазл ГIабдурахIман ибну Камалудин ибну Абу Бакр ибн МухIаммад ал-Хузайри ас-СуютIи ал-Мисри аш-ШафигIи гьавуна итни къоялъ, Ражаб моцIалъ, гьижрияб 849 соналда, Къагьир шагьаралда.
Гьесул эмен Абубакр вукIана лъикIав гIалимчи, Къагьиралде гочиналде цеве Мисриялъул Асют шагьаралда къазилъун хIалтIулевги вукIана. Гьев гьавун хадуб анкьабилеб къоялъ инсуца гьесул васасда цIар лъуна ГIабдурахIман абун, гьелдаса хадуб гьесда Жалалудин абун цIар лъола. ГIабдурахIман абураб цIар Абубакар ас-Сиддикъил васасул цIаргун релълъун ккола.
Имам СуютIияс абула: «Дида ккола дир инсуе гьеб цIар кьунин гьесул цIар Абубакар букIиналъ, гьелъ дие цIар кьола ГIабдурахIман ибну Абубакар Сиддикъ», - абун.
Имам СуютIил инсуца цIакъ цIунулаан шаргIалъул гIорхъаби ва хIукму къотIулеб мехалъ кутакалда лъикI цIодорлъи гьабулаан. ГIадамал данделъулеб бакIалдаса цIуни гьабулеб букIана, гьоркьоса къотIичIого Къуръан цIалулаан, щибаб рузман къоялъ тIубараб Къуръан лъугIизабулеб букIана.
Эмен дунял тун араб мехалъ СуютIи щуго сонгун анкьго моцI барав чи вукIана. Гьеб заманалда жаниб гьес рекIехъе лъазабуна Къуръан «Ат-ТахIрим» абураб сураялде щвезегIан. Гьесул тIалаб гьабулел божи бугел хасал чагIи рукIана, гьезда гьоркьоса вукIана Камал ибну ал-ХIумамги (хвана гьижрияб 861 соналъ). Гьес СуютIиде кIудияб кIвар кьолеб букIана. Имам СуютIияс тIубараб Къуръан рекIехъе лъазабун лъугIизабуна микьго сон бачIев чияс.
Инсуца гьитIинаб мехалъго гьесулъ бижизабуна гIелмуялде рокьи. Имам СуютIие лъабго сон бугеб мехалъ, инсуца гьев вачунаан ХIафиз ибн ХIажар ал-ГIаскъаланил (хвана гьижрияб 852 соналъ) мажлисазде ва гьединго машгьурал гIалимзабазул данделъабазде.
Имам ас-СуютIияс хIеж гьабуна 869 соналъ, гьеб заманалда гьес Замзамалъул лъим гьекъон гьарула фикъгьиялъулъ Сиражудин ал-Булкъинил (хвана гьижрияб 868 соналъ) ва ХIафиз ибну ХIажар ГIаскъаланил даражаялде вахине гьавеян. Гьеб къасдалде гьев ТIадегIанав Аллагьас ﷻ щвезеги гьавуна. СуютIи ккола шаргIиял батIи-батIиял гIелмабазул лъай бугев кIудияв имам. Щибаб хасаб гIелмуялъе хъвачIеб тIехьги течIо мубаракав имамас. Гьеб гуребги имамасул суфияздехун букIана кIудияб бухьен. Гьеб баян гьабун гIалимзабаз жидерго тIахьазда рехсонги буго. ГьитIинаб къоялдасаго гьев унаан рацIцIадал Аллагьасул вализабазухъе, гьездасан гьесие баркат щвана.
Гьев цеве цIарал гIемерисел гIалимзаби рукIана Аллагьасукьа ﷻ хIинкъарал суфиял. Щаклъи гьечIо гьесие динияб лъаялда цадахъ гьездасан тасаввуфалдехун рокьи щвеялде.
Имам СуютIил тасаввуфалдехун бугеб бербалагьиялъул хIакъалъулъ абуни, гьеб бихьула гьесул «Ар-Радд гIала ман ахлада ила ал-арз» абураб тIехьалда ругел гьадинал рагIабаздалъун: «ТIолабго ракьалда, бакъбаккул рахъалдаса байбихьун бакътIерхьул рахъалдехун, хIадис ва гIараб мацI дидаса лъикI лъалев чи гьечIо, Хизри яги дида лъаларев авлияъ ватизегIан».
Гьелда тIадеги, гьес хъвалеб буго жинца микьго сон баралдаса нахъе рекIехъе лъазабунин хирияб Къуръан, хадуб рекIехъе лъазабунин фикъгьиялъул цо-цо тIахьал, имам Нававиясул фикъгьияб тIехь «Мингьажу ТIалибин», исламияб къануналъул аслуялъул «Мингьажул усул», нахIвиялъул «Альфия ибн Малиил» ва цогидалги тIахьал.
Гьес хадуб байбихьула доб заманалъул батIи-батIиял машгьурал гIалимзабазда цеве цIализе. Имам ас-СуютIил мутагIил Ад-Давудица жиндирго мугIалимасул таржамалда рехсана имам СуютIил мугIалимзаби. Гьезул къадар бахуна 51 чиясде.
АнцIила анкьго сон барав имам СуютIиясе изну кьола гIараб мацI малъизе. Гьебго соналъ гьес хъвала жиндирго тIоцебесеб назму «ШархIул ИстигIаза вал Басмала» абураб, жибги тасдикъ гьабураб шайхул Ислам ал-Булкъинияс (хвана гьижрияб 868 соналъ). Къоло анкьго сон барав имамасе изну щола дарсал ва фатваби кьезе.
Имамасул букIана гIакъиллъи ва кутакаб ракIалдачIей. Гьесие щвана гIемерал рахъаздасан гъваридаб лъай, къанагIат гурони цо чиясда жаниб данделъулареб. ХIакълъунго, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Жиндирго рахIмат кьурасе щола гьединаб бечелъи. Цебе бицухъе, имам СуютIияс хъвана батIи-батIиял гIелмабазул тIахьал.
Имам СуютIияс абуна: «Аллагьас дие кьуна гъваридаб лъай анкьго гIелмуялъул: Къуръаналъул тафсир, хIадис, фикъгьи (исламияб къанун), гIарабалъул грамматика (нахIви), семантика (магIани), риторика (баян) ва стилистика (бадигI). Дида ракIчIун лъала анкьабго гIелмуялъул даража дие цIикIкIун щун букIин дир шайихзабаздаса лъикI, гьездаса макъамалъ дагьазул абизего абиларо. Фикъгьиялъул гьедин абиларо, щайин абуни гьеб рахъ дир шайих цIикIкIун лъалев вукIана дидаса», - ян.
Ибну ГIимад абурав гIалимчияс имам СуютIил хIакъалъулъ хъвана «Шазарат аз-Загьаб» абураб тIехьалда: «Гьев жиндир заманалъул бищунго хIадис-гIелму лъалев вукIана. Гьединго гьениса къанун, ай хIукму бахъизеги лъалаан. Гьес абуна жинца кIинусазарго хIадис рекIехъе лъазабунин. Жеги цIикIкIун дида батун букIарабани, гьебги лъазабизе букIана», - ян.
Нажмул Гъазияс жиндирго «Ал-Кавакибу ас-Саира» абураб тIехьалда рехсана цо чиясда макьилъ Аварагги ﷺ шайих СуютIиги цадахъ рихьанин. Аварагасда ﷺ гьес гьикъулеб букIанин цо-цо хIадисазул хIакъалъулъ, Аварагас ﷺ жаваб гьабунин: «Абе, я хIадисазул шайих», - ян.
Имам СуютIияс хъвана щунусгоялдаса цIикIкIун исламалъул батIи-батIиял гIелмабазул хIакъалъулъ тIахьал. Гьелъ бихьизабула гьесул гIелмабазулъ бугеб бергьенлъи. Цо-цо гIалимзабаз хъвалеб буго гьес хъварал тIахьазул къадар анлънусгоялде баханин. Гьесул тIахьал дунялалдаго тIиритIана гьев чIаго вугеб мехалдаго.
Имам СуютIияс абулаан жив ижтигьадалъул макъамалде ваханин, гьелъие гIураб гIелмабазул алат лъай бугин. Ижтигьад ккола Аллагьас ﷻ кьураб къуват Къуръан-хIадисалдаса хIукму босизе. Гьелъие къваригIуна кутакаб гIелму. Имамас абулаан гьеб рагIи чIухIун гуреб, Аллагьасе ﷻ шукру гьабун, жиндиего щвараб рахIматалъухъ.
Къуръаналъул гIелмабазул, хIадисалъул, фикъгьиялъул, грамматикаялъул, риторикаялъул ва биографиязул хIакъалъулъ хъварал тIахьал ккола мугъчIвай гьабулел тIахьазул цояздасан.
КIикъого соналъул ригьалде вахиндал имам СуютIи тIубанго дунял тун ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ гIибадат гьабизе лъугьана.
Имам СуютIи гьижрияб 911 соналъул 19 жумадул улаялъул рузман къоялъул рогьалилъ дунял тун уна. Гьеб мехалъ гьес бан букIана 61 сон. Бицуна холеб лахIзаталъ гьес «Ясин» цIаланин.
Имам СуютIи хведал исламияб уммат махIрумлъана цIар рагIарав гIалимчиясдаса. Гьединал чагIи цIакъ къанагIат гурони рукIунаро.
Аллагьас ﷻ гьевги нилъги рахIматалдаса къотIун тогеги.