Аслияб гьумералде

Бусурбабазул тарихчи ва географ

Бусурбабазул тарихчи ва географ

ГIизудин ибну Шаддад ХӀалаби гьавуна Сириялъул ХIалеппоялда бугеб ХӀалаб шагьаралда, 1217 соналъул лъабабилеб зулхӀижа моцIалъ, гьижрияб 613 соналда. Тарихалъул ва географиялъул рахъалъ жиндирго хIалтIабазул кумекалдалъун ибну Шаддад вахъана жиндир гIасруялъул машгьурал тарихчагӀазул цоявлъун.

 

Ибну Шаддад ХӀалаби вукӀана исламияб дунялалда ва гьелда сверухъ ккарал лъугьа-бахъиназул нугӀлъун. Гьеб заманалда монголазул тIаде кIанцIиялги рукIана. Гьев вахъана гӀемерал тарихиял лъугьа-бахъиназул гӀахьалчилъун, щайгурелъул, гьесул бухьен букӀана Мисриялъул ва Шамалъул хӀакимзабазулгун, амирзабазулгун.

Ибну Шаддадил бищунго машгьурал тIахьал ккола «Сира ал-Малик аль-Захир» (СултӀан Захирил Бейбарсил таржама) ва гьединго Шамалъулги Жазиралъулги ракьазул бицунеб тарих. Гьесул руго жеги батIи-батIиялги тIахьал.

Шамалъулги Жазиралъулги бицунеб тарихияб тIехь рикӀкӀуна ибну Шаддадил тӀахьазда гьоркьоб бищун кӀвар бугеблъун. Гьелда тӀад гьес хӀалтӀизе байбихьана 1272 соналъ (671 гьижрияб), монголаз Сирия бахъун хадуб ва лъугӀизабуна гӀага-шагарго 1281 (680 гьижрияб) соналъ.

Ибну Шаддадица гьеб тӀехь хъвана султӀан Аз-Захир Бейбарсие баркала загьир гьабун. Гьениб рехсана тушбабазул кверщаликьа бусурбабазул ракьал рахъиялъул гьесул бергьенлъаби.

Гьесул наслу бачIуна къади Багьавудин Абул МахӀасин Юсуп ибну Шаддадил Мусилихъе. Гьев вукӀана кӀудияв султӀан СалахӀуддин Аюбиясда лъикI лъалев чиги.

Ибну Шаддадил тухумалъул бухьен букӀинчӀо я гӀелмуялъулгун, я лъай кьеялъулгун. ТӀоцересел дарсал гьесие щвана ХIалеппоялъул цо мажгиталда, хадуб мажгиталда аскӀоб бугеб мадрасаялда. ТӀоцебе гьес лъазабуна Къуръан цӀализе, кватӀичӀого гьеб рекӀехъе лъана. Гьелдаса хадуб ибну Шаддадица дагь-дагьккун байбихьана таджвид, тафсир, хӀадис, гӀараб мацӀ, адабият ва грамматика лъазабизе. Гьелдаса хадуб гьес цӀалана фикъгьи.

ЦӀалиялъул ахиралда гьес тарихалъул ва географиялъул тӀахьал цIалула ва байбихьана гьел гъваридго лъазаризе. Гьев хӀайранлъулаан кӀудияв тарихчи ибн ГIасакирил «Тарих д-Димашкъи», ва ибну ГӀадим Кабирил «Бугъяту тI-ТIалаб фи Тарихи ХIалаб» абурал тарихиял тIахьазда.

Ибну Шаддад тӀоцеве Дамаскалде щвана гьижрияб 631 соналъ. Хадуб гьев гӀемер щолаан Дамаскалде ва ахир-къадги гьениве гочана. 10-гӀанасеб соналъ Дамаскалда гӀумру гьабун хадуб гьев ХIалеппоялде тӀадвуссуна. Гьижрияб 627 соналъ монголаз ХIалеппо бахъидал, гьес шагьар тӀубанго тола ва Мисриялде уна.

Ибну Шаддад жиндир заманалъул политикаялъул ва экономикаялъул рахъалъ цеветIуравлъун рикӀкӀунаан. Гьев тола батӀи-батӀиял хӀукуматалъул хъулухъазда, вазирасул даражаялдеги вахуна.

Сафадица жиндирго «Ал-Вафи бил-Вафаят» абураб тӀехьалда гьесул хӀакъалъулъ гьадин хъван буго: «Гьев вукӀана цевехъан ва лъикӀав вагIзачи. Гьес хъвана ХIалеппоялъул тарихалъул хӀакъалъулъ асар ва хӀаким Аз-Захир Бейбарсил таржама. Гьесул адаб гьабулеб букIана хӀаким Захир Бейбарсицаги ва Мансур Къалавуниясги», - ян.

Ибну Касирица ибну Шаддадил хӀакъалъулъ жиндирго «Бидая ва Ан-Нихая» абураб тӀехьалда хъвана: «Шейх ГӀиззуддин МухӀамад ибн ГӀали ибн Ибрагьим ибн Шаддад хвана нухда. Гьев вукӀана машгьурав ва мустахӀикъав чи», - ян.

Ибну Шаддад ХӀалаби (хвана 1285 соналъ (гьижрияб 684 соналъул сафар моцӀалъул 7 къоялъ) ва вукъана Къагьиралъул рагӀалда, Мокаттам мегIералъул рагӀалда.

 

МухIаммаднаби АхIмаев

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...