Аслияб гьумералде

Заманалъул мухIаддис

Заманалъул мухIаддис

КӀудияв гӀалим, имам, факъигь, хӀадисазул гIалим, мужтагьид ХIафиз Абу Бакр МухIаммад ибн ИсхIакъ ибн ХIузаймат Найсабури Аш-ШафигIи 223 гьижрияб соналъ гьавуна ан-Найсабури шагьаралда.

 

Жиндир заманалда ибн ХIузайма вукӀана Найсабуралъул имамлъун.

ГьитӀинаб къоялдаса нахъе гӀелмуялде гъира бугев ХIузайматие бокьун букӀана доб заманалъул машгьурав гӀалим Къутайба ибн СагӀидихъе цӀализе ине. Инсуца Къуръан рекӀехъе лъазабизегӀан гьелъие изну кьоларо. Къуръан рекӀехъе лъазабидал гьев цӀализе уна, амма нухда гьесда лъала Къутайба хваравлъи.

ГьитӀинаб мехалдаго ибн ХIузайматица Къуръан рекӀехъе лъазабуна ва хӀадисал лъазаризе байбихьана. Гьелдаса хадуб, доб заманалда букӀараб гӀадаталда рекъон, гьев сапаралъ вахъуна бусурбабазул ракьазде Аварагасул ﷺ хӀадисал ракӀаризе.

Ибн ХIузаймат лъикӀ ракӀалда жо чIолев чи вукIана ва гьеб хасияталдалъун машгьурлъана. Жиндирго хӀакъалъулъ гьес абуна: «Щиб хъваниги, дида гьеб ракӀалда чӀолаан», - ян (Загьаби, «Сияру агIламу ан-нубала»).

Гьев лъугьана хӀадис-гӀелмуялъул имамлъун ва жиндир заманалъул гӀалимчилъун.

 

Ибн ХIузайматица гьарурал сапарал

Ибн ХIузайматица кӀвар кьолаан Аварагасул ﷺ хӀадисал лъазариялде. Найсабуралдаса хадуб гьев батӀи-батӀиял улкабазде уна хӀадисалги ва пайдаяб гӀелмуги тIалаб гьабун.

Гьедин сапар гьабулаго ибн ХIузаймат Шамалде, ХӀижазалде, ГӀиракъалде ва Египеталде щвана. Гьев цӀалана гӀемерал гӀалимзабазда цеве ва лъугьана жиндир заманалъул хӀадис-гӀелмуялъул имамлъун.

Ибн ХIузайматица хъвана гӀемерал тӀахьал ва асарал. Гьесул «Ас-СахӀихӀ» абураб тӀехь ккола бищунго пайдаял ва къиматал хӀадисазул тIахьазул цояблъун. Ибн ХIузайматил гӀемерал мутагӀилзабиги рукӀана хадур чӀахӀиял гӀалимзабилъун рахъарал. Гьесул мутагӀилзабазул бищун машгьураллъун рикӀкIуна Бухари ва Муслим.

 

ГӀалимзабазул рецц-бакъалъулал рагӀаби

Ибн ХIузайматил хIакъалъулъ ибн ХӀиббаница абуна: «Дида тӀолабго дунялалда МухӀаммад ибн ИсхӀакъидаса (ибн ХIузаймат) лъикӀав чи вихьичӀо хӀадисал ракӀариялъулъ ва кьучIал хIадисазул рагIаби ракIалда чIезариялъулъ. Гьесда кинабго ракIалда чIолеб букIана Аварагасул ﷺ хIадисазул тIахьал гьесда цере ругел гIадин».

Ибн ХӀиббаница жеги абуна: «Ибн ХIузаймат вукӀана гӀелмуялъулъ, фикъгьиялъулъ, хIифзалъулъ, гӀелму бакӀариялъулъ ва шаргӀалъул хӀукмаби рахъиялъулъ тӀолабго дунялалъул имамлъун».

Ад-ДаракъутIнияс абуна: «Ибну ХIузаймат вукӀана божизе бегьулев имам, жинда щивго ващалъуларев» (Ас-Субки, «ТIабакъат аш-шафигIия кубра»).

Имам ХӀакимица абуна: «Ибну ХIузаймат жиндир заманалда гӀелмуялъул ва махщалил рахъалъ машрикъалъул имамлъун вукӀана», - ян.

Абу ИсхӀакъ Аш-Ширазияс абуна: «Гьев вукIана имамзабазулги имам», - ян.

 

Ибн ХIузайматил тIахьал

Абу ГӀабдуллагь ал-ХӀакимица абуна: «Гьесул макъам лъикI лъала, гьел гьанир рехсезе хӀажалъи гьечӀо, амма гьесул тIахьазул къадар 150-ялдаса цӀикӀкӀун буго, суалазе жавабал рикӀкӀинчӀого, гьел нусгоялдаса цӀикӀкӀун томазде данде гьарун руго», - ян.

Гьесул бищунго кӀвар бугел тIахьаллъул ккола «Китаб ат-тавхӀид ва исбат сифат ар-Рабб» (ТавхIидалъул тӀехь ва Аллагьасул сифатал чӀезари) ва «СахӀихӀ ибн ХIузаймат» абураб хӀадисазул мажмугӀ.

Цо къоялъ ибн ХIузайматида гьикъун буго: «Киса дуе гьабщинаб гӀелму щвараб?» - ян. Гьес жаваб гьабула: «Аварагас ﷺ абуна: «Зам-замалъул лъим жиб гьекъолеб жоялъе буго», - ян. (Имам АхӀмад, ибн Мажагь, Байгьакъи, «ШугӀаб ал-иман»). Замзамалъул лъим гьекъараб мехалъ, дица ТӀадегӀанав Аллагьасда ﷻ гьарана пайдаяб гӀелму кьеян», - абун.

 

Ибн ХIузайматил сахаватлъи ва ракӀбацӀцӀалъи

Ибн ХIузаймат сахаватав ва ракӀбацӀцӀадав чи вукӀана. МухӀамад ибн Фазлица абуна: «Дир кӀудада Абубакарица (ибн ХIузайматица) щибго нахъе толароан ва гьес жиндирго бечелъи гӀалимзабазе сайгъатлъун гьабуна», - ян.

Бицуна цо заманалда ибн ХIузайматица жиндирго ахикь кӀудияб гьоболлъи гӀуцӀанин, гьенире гьес ахӀула мискинзабиги бечедалги ва шагьаралъул киналго гӀадамазе квен-тӀехги гьуинлъиги битӀула. Имам ХӀакимица абула гьеб къо ракӀалда чIана, щайгурелъул гьелгощинал гьалбал данде ракIаризе доб заманалда хӀакимчиясда гурони кӀолароан. (Ас-Субки, «ТIабакъат аш-шафигIия кубра»).

 

Ибн ХIузайматил такъва ва зугьд

Ибн ХIузаймат вукӀана цӀакъ дин ккурав ва дунял тарав инсан. Цо къоялъ гьез гьесда абула: «ЛъикӀ букӀинаан мунго берцин гьавулеб ретӀел дуцаго букъани», - ян. Гьес жаваб кьуна: «Дида ракӀалда гьечӀо кӀигоялдаса цӀикӀкӀун ретӀел дир букIараблъи», - ян.

Пайдаяб гӀумруги тIамун ибн ХIузаймат накълулъана гьижрияб 311 соналъ Найсабур шагьаралда, 90-гӀанасеб сон бараб мехалъ. Цо-цо гӀалимзабаз абуна гьесул 88 сон букӀаниланги.

Жаназаялъул как гьесда хадуб бана гьесул вас Абу Насрица. Ибн ХIузайма вукъула хадуб хабаллъун лъугьараб жиндирго рукъалъул цояб рокъов.

 

АрслангIали ГIумаров

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...