Аслияб гьумералде

Аварагасухъе ﷺ щвезе ин

Аварагасухъе ﷺ щвезе ин

Аварагасухъе ﷺ щвезе ин

Аварагасул ﷺ хабаде зиярат гьабиялъул руго цIунизе кколел хасал адабал. Зиярат гьабизе ракIалде ккедал ният гьабила хирияб мажгиталдеги хирияб хабадеги зиярат гьабизе.

 

Мадинаялде жаниве лъугьиналде цин черх чурила, бацIцIадаб ретIел ретIила. Мадинаялъул хиралъи ракIалде щвезабила, ай гьеб Аллагьас жиндир хирияв ХIабибасдалъун хира гьабураб ракь букIин. Цинги мажгиталъуве лъугьиндал хирияб Равзаялде къасд гьабила ва 2 ракагIат тахIият бала хирияб хобалдаги минбаралдаги гьоркъоб. Цинги хирияб хобалде аскIове гIагарлъидал, къадазда кверал рахъиларо, гIемерисел жагьилзабаз гьабулеб гIадин.

Дагьав рикIкIад чIела хабадаса 4 натIалъул къадаралъ, бералги гIодоре ралагьун яги къанщун, хирияв Аварагасул ﷺ кIодолъи, хиралъи, гьесул гьайбат ракIалде щвезабун. Цинги салам кьела Аварагасе ﷺ, гьаракь борхичIого. Цинги гьал рагIабиги абила: «Дица нугIлъи гьабула, хIакълъунго, жиндие лагълъи гьабизе кколев магIбуд гьечIин, вати тIадав Аллагь гурого ва жеги дица нугIлъи гьабула, хIакълъунго, МухIаммад ﷺ, Аллагьасул лагъ ва дин малъизе витIарав чапар вугин. Дица нугIлъи гьабула, я Бичасул Авараг ﷺ, хIакълъунго, дуца дур БетIергьанасул рисалат халкъалъухъе щвезабунин, дур умматалъе дуца насихIатги гьабунин, дурго БетIергьанасул нухде дуца халкъги ахIанин хIикматалдалъун ва берцинаб рагIиялдалъун, дуца Аллагьасе лагълъиги гьабунин хвел тIаде гIунтIизегIан. Аллагьас дудаги, агьлуялдаги, асхIабзабаздаги Живго разияб, Жиндиего бокьухъе салатги саламги лъеги», - абун.

Цинги къилбаялде вуссина, хобалде мугъ рехиларедухъ довегIанги къан.

Кверал цереккун хIелун дугIа гьабила ва дуегоги, агьлу-хъизаналъеги, диналъул вац-яцазеги, ай дунял-ахираталъул лъикIабщинаб гьарила.

 

ХIабиб МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...