Аслияб гьумералде

Харабазухь гьоболлъухъ

Харабазухь гьоболлъухъ

Дагьал церегIан къоязда, Казбек районалъул Ленинаул росдал «Ас-салам» казият тIибитIизабулел гIолохъаби щвана «Ас-салам» кидаго хъвалел, гьеб цIалулел ва бокьулел цо-цо харабазухъе.

 

Гьоболлъухъе щвей гуребги, вакилзабазул мурад букIана гьезул ахIвал-хIал, сахлъи цIехей, газеталъул хакъалъулъ пикраби лъазари.

Гьезие газета батана кутакалда хирияб гьоболлъун. Волонтерал рачIиндал рохарал Занки Занкиевас, Салисгереева Маржанатица, Дадаев АбулхIасаница, Шапиева Батулицагун цогидаз бицана газета жидехъе заманалда щолин, гьеб цIализе гъира букIунин ва щибаб нухалъ цIияб номер бачIиналъухъ балагьун чIунги рукIунин. Гьез баркала загьир гьабуна «Ас-саламалъул» редакциялъе, щивасухъ рокъобе казият щвезабулел волонтеразе, дугIа гьабуна редакциялъул советалъул председатель, ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афандияе.

 

АхIмад Занкиев

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...