Аслияб гьумералде

Балагьазде сабру

Балагьазде сабру

Балагьазде сабру

Мароккоялда ракь багъарана

 

ЦерегIанго къоязда Мароккоялда ракь багъарана. Гьелъул хIасилалда 3000-гIанасев чи Аллагьасул ﷻ къадаралде щвана ва 5000-ялдаса цIикIкIун чиясе заралги ккана.

 

Нилъер гIумруялда жаниб хIалбихьиял ва балагьал тIаса унаро. Щивав чиясда захIмалъаби рихьичIого рукIунаро. ТIадегIанав Аллагьасги ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «ГIадамазда ракIалдайищ кколеб бугеб жидеца иман лъунин абураб рагIи абидал, жал щибго питна-къварилъи гьабичIого телин абун. Дица хIалбихьи гьабуна гьезда цере рукIарал умматазулги. Аллагьас ﷻ гьелдалъун загьир гьарун лъазарула иманалъулъ ритIухъал гIадамал ва гьединго лъазарула жидеца гьереси бицунел мунапикъзабиги» - ян. (Суратул «ГIанкабут», аят 2)

Кинаб балагь тIаде бачIаниги муъминчиясул гIаламаталдасан буго сабру гьаби. КигIан кIудияб балагь бугониги гьелъулъги Аллагьасул ﷻ рахъалдасан рахIмат букIуна. Балагь тIаде бачIун хваралги шагьидзабилъун рикIкIуна. Абу-Гьурайратица бицана хирияв Аварагас ﷺ абунин: «Щугоял шагьидзабилъун ккола: вабаалъул унтиялъ хварав, чехь унтун хварав, лъелъ гъанкъарав, рукъ биххун гьелда гъоркье ккун хварав ва Аллагьасул ﷻ нухда вагъулаго хварав», - ян. (Бухари)

 Хваразул гIагарлъиялъулги, сабру гьабиялдалъун, Аллагьас ﷻ мунагьал чурула, рахIматалги рещтIинарула. СагIид Ал-Худриясдасан бицараб хIадисалда буго: «Бусурбанчиясде кинаб бугониги пашманлъи тIаде бачIани, хIатта заз хIунчаницин, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьелъухъ кинаб бугониги мунагь чурула», - ян.

Мароккоялъул халкъалде бачIараб балагьги, щаклъи гьечIого, гьезул мунагьал чуриялъе сабаблъун букIина.

Ахираб заманалда гIемерлъулел ругел балагьал, тIоцебесеб иргаялда, щивав бусурбанчиясе жиндирго напсалъул хIисаб гьабиялъе сабаблъун букIине ккола. Инсанасул тIабигIат-гIамалго буго эркенлъиялда гIумру тIамулев вукIаго Аллагь ﷻ рехсей кIочонеб ва тIаде балагьал, захIмалъаби рещтIиндал Аллагь ﷻ ракIалде щун тавбу гьабулеб. Мунагьалде кколарев инсанги вукIунарелъул, рачIа балагьал рещтIинегIан чIечIого, тавбу гьабун Аллагьасде руссине.

 

Жабир Мажидов

 

 

 

 

 

 

 

 

Ливия ва лъел балагь

 

Ливиялда ккараб къварилъиялъул хIасилалда хвана гIагар-шагарго 20000-гIанасев чи. Дерна шагьаралда букIараб плотина биххун хадуб лъеде гъоркье ккун хвана гьел чагIи.

 

 

 

 

 

 

 

Дернаялда гьоркьоб буго кIкIал, магIарде цIад байдал, лъим жанисан чвахун унеб. Цебе гьеб кIкIалал рагIалда минаби ралелги рукIинчIо. Амма плотина бан хадуб, кIкIалалда аскIорги минаби разе байбихьана.

ПалхIасил, сордо-къоялъ тIаса босичIого цIад байдал, сангаралда нахъе бакIарараб лъеца гьеб биххизабуна ва лъим шагьаралде кIанцIана.

Аллагьас ﷻ цIунаги балагьаздаса.

 

Шамил МухIаммадов

 

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...