Аслияб гьумералде

Дагъистаналъул исламияб университет

Дагъистаналъул исламияб университет

Дагъистаналъул исламияб университет

ХIурматияб диналъул агьлу! Гьале лъикIаланго сонал руго Дагъистаналъул исламияб университет хIалтIулеб бугелдаса нахъе. КIиазарабилел соназда рагьана гьелъ жиндирго гIелмуялъул рагьаби. Гьелдаса нахъе гьеб гIелмияб къебелъиялъ лъадарана гIезегIанго гIалимзаби.

 

Гьеб рагьараб къоялдаса нахъего, гьелъие нухмалъи ва бетIерлъи гьабуна Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандияс. ГIелму цIалиялда ва малъиялда хурхарал ишазулъ кIудияб бажари ва лебаллъи буго АхIмад-афандиясул. Гьелъие нугIлъи гьабула Хучадаса Меселасул МухIаммад-афандияс гIелму малъизе АхIмад-афандиясе кьураб ихтияргун ижазаялъги. Гьедин бугелъул батила, АхIмад-афандиясул гIелму цIалиялдагун малъиялда гьарулел тадбиразда хIалтIи цебетIола ва хехго билълъуна.

Гьаб жакъаги, кигIан гIемерал шугълаби ругониги, тIаде къойил къабул гьарулел муридзаби камун гьечIониги, гIелму малъулел идарабазде бербалагьи рехун тун гьечIо АхIмад-афандияс.

Университеталъул хIалтIиги гIуцIун буго бищун тIадегIанаб даражаялда. Университеталда цебе буго гьелде хIадур гьарулеб мадрасаги. Университетги лъугIун жеги тIадеги цIализе бокьаразе буго аспирантураги. Гьенир дарсал кьезе тIаса рищун руго бищун лъай ва адаб цIикIкIарал мугIалимзабиги.

 

 

 

 

Университеталъул щуго сонилаб программаялъ жанибе бачуна гьоркьохъев гIалимасе чара гьечIел гIелмиял рахъазул аслаби. ГIелму малъиялъул хIалтIи жеги камиллъизе университеталда жанирго гIуцIун руго чанго гIелмияб кафедрабиги. Гьелги ккола: гIелмуялъул аслаби ва гIакъида, фикъгьи, гIараб мацI ва гьелъул алат, тасаввуф гIелму.

Дагъистаналъул исламияб университеталъул гIадлу-низам, гIелмияб гуч, хIалтIуе бугеб махщалие нугIлъи гьабула гьенир цIалун рахъарал тIалибзабаз Россиялъулго даражабазда гIуцIарал гIелмиял къецазда цересел бакIал кквеялъги.

Университеталде цIализе вачIарав чиясе чIезарун руго киналниги санагIалъабиги: регизе бакI, кваназе лъикIаб квен, спорталъе шартIал, компьютер ва цогидалги технологиял лъазариялъе ресал. ХIасил гьабун абуни, нилъеда рокъор чIезаризе кIоларелгIанасел квегIенлъаби руго университеталда цIалулезе.

 

 

 

 

Университеталъул руго филиалалги. Гьайгьай, кибго буго цо низам, цо цIалул программа ва цого шартIал. Гьеб киналдаго хадуб хъаравуллъи кквезе рихьизарурал хасал вакилзабиги руго.

ГIелму цIаличIого тезе жакъа щивниги чиясе гIузру гьечIо. Эбел-инсуца кутакалда кIвар кьезе ккола жидерго лъималазе исламияб лъай щвезабиялъе. ХIатта гьелъие кигIан гIемераб магIишат харж гьабизе кканиги, гьездаса жавабчилъиги тIаса унаро.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...