Аслияб гьумералде

ЦIалдолезул пикраби

ЦIалдолезул пикраби

Газеталъул ахирисеб номералда кьун букIана «Нужеца лъималазе телефон (смартфон) босун бугищ? Гьелъул кинаб пайда бихьулеб бугеб, зарал букIине рес бугищ?» - абураб суал. Гьелъие рачIарал жавабал кьолел руго гъоркьехун:

  • Зарал буго беразул канлъиялъе.
  • Кверал ракъвагийин абизе бегьилароха смартфон бахъарасул.
  • Пайдаялдаса заралияб гIемер батила гьелъул.
  • Нилъергоцин заман гIадада хвезабулеб гьелъ, лъималазе щиб пайда кьелеб?
  • Лъималазе пайда гьечIо, лъимал гIезегIан чIелаан кодобе телефон кьезе.
  • Школалъул дарсал гьаризегIан кьола кодобе, лъугIарабго нахъе босула.
  • Босун гьечIо пайдаялдаса кIудияб зарал бихьун.
  • Зарал гурони пайда гьечIо щибниги.
  • Пайдаги камуларо пайдаялъе хIалтIизабулеб бугони, амма зарал цIикIкIараб буго.
  • АнцIила микьго сон байдал босила.
  • Дир руго 9-леб ва 8-леб классалда цlалулел лъимал. Дица гьезие телефон босун гьечlо. Кинабго жоялъул гlадлу хвезабулеб, сунде бугониги кlвар гьечlолъи баккизабулеб, сверухъ бугеб жо бихьулареллъун лъугьинарула телефоналъ. Гьеб гуребги, канлъиги инабула гьелъ. Цо рахъ лъикlаб бугониги, анцlго рахъ квешаб буго гьелъул.
  • Лъималазе смартфонал хIажат гьечIо. Амма школазда, институтазда цIалулезе гьеб хIажалъулеб буго. Кинабго гIуцIи гьенисан гьабулеб бугелъул.
  • Телефон-смартфонал кодор кьезегӀан, ГӀурал лъимал дирго гьабсагӀат гьечӀо. Амма школалъул заман инегӀан Гьел кодоре кьейги дица какула. Дарсал гьаризейин кьолел ратани, Нужераздасаго гьареха, гьудул. Жиндиего босун гогь гьавичӀони, ЧӀун хутӀизе гьечӀо сверухъа дунял.
  • Дица цониги лъимадуе босичIо смартфон. 11 класс лъугIидал, цIализе унеб мехаль босана кIудияй ясалъе. Дида ккола смартфоназ цIали хвезабулин абун. Дарсазе къваригIани, рокъоб буго компьютер.
  • Дица босун гьечIо лъималазе телефон. Гьел жеги гьитIинго руго. Телефоналдасан пайда босизеги бегьула, амма гьанже ругел лъималаз пайда босуларо. Телефон кодобе босидал гьел журала хIаял хIазе, пайда гьечIеб жоялъухъ балагьизе.
  • Дир буго щуго лъимер. КIудияй ясалъе босизе ккана исана смартфон, цIализе училищеялде индал. Вас уна микьабилеб классалде, гьесул гьечIо телефон.
  • Зарал гурони щибго пайда гьечIо. Васасул букIана телефон. Къоялъ кодоса биччалеб букIинчIо. Нахъе босани, гIодулаан. Цо къоялъ гьитIинав васасухъа бортун, бекана телефон. БитIараб бицани, гьелдаса ниж кутакалда рохана. Гьелдаса нахъе тIокIаб телефонги кьечIо васасухъе.
  • Телефон (смартфон) босун гьечIо, гIагараб заманалда босизеги гьечIо.
  • Гьедун абизе кIола, цо лъикIлъи гьелъул батани, анцIго квешлъиги буго.
  • Лъималазе телефон бегьула ругеб бакI лъазе. Интернет бугеб телефон кутакалда хIажат гьечIеб жо буго лъималазе.
  • Телефон босун гьечlо. Гьелъул пайдаги батила, амма зарал цlикlкlараб буго.
  • Пандемиялъул заманалда кIудияв васасе школалъул дарсал гьаризе босана телефон.
  • Дица босичIо лъималазе телефон. Дир пикруялда рекъон, телефоналдасан лъимадуе гIемераб зарал буго. ТIоцебесеб иргаялда, цIалудаса руссинарула, кIиабизе – тIубараб къоялъ интернеталда жанив вукIуна гIадада заманги хвезабун.
  • Телефоналдаса гIемерисеб зарал гуреб жо гьечIо, амма къваригIараб жо тIалаб гьабизе кумекги букIуна.
  • БукӀана нижер лъималазул смартфон, жакъа гьечӀо. Гьениб эбел-инсуда барабги гIемер буго. Эмен хӀалтӀуда, эбел рокъосел пишабазда рукӀиналъ, гьезда хадуб халкквезе щоларо ва гьел къваригӀел гьечӀел ишазда ратула. Школалде ва цогидаб бакӀалде араб мехалъ, кир ругелали лъазе букIине цо гьитӀинабго телефон (фонарик) бугони гIела.
  • ЦIакъ захIматаб суал буго. Дир васасухъа гьеб бахъизе кIолеб букIарабани дица гьеб бахаралъубе реххилаан. Бегьилаан тезе Аллагь рехсеялъе хIалтIизабулеб букIарабани.
  • Смартфон босичIо, амма тIоцебесеб классалда унев вукIиналъ, гьесулгун бухьен цIунизе фонарик-телефон буго босун.
  • Льималазе смартфон къваригIуна школалдаса лъай босизе ва гьел ругеб бакI лъазе. Гьеб хIалтIизабулеб низам чIезабула, заралалъулги бицуна.
  • Нижеца лъималазе буго босун смартфон ва гьелдаса заралги бихьулеб гьеч!о, пайдаялъе гурони х!алт!изеги гьабуларо.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...