Аслияб гьумералде

ЦIалдолезул пикраби

ЦIалдолезул пикраби

Газеталъул ахирисеб номералда кьун букIана «Кинал чагIи нужеца лъималазе мисаллъун рачунел» - абураб суал. Гьелъие рачIарал жавабал кьолел руго гъоркьехун:

  • Жидецаго бицунелда гьабулеб гIамал данде кколел.
  • Хасго авараггун асхIабзаби, цинги хадур хутIарал лъикIал чагIи.
  • ГIадамазе кумек бугел чагIи, ай гIалимзаби, тохтурзаби ва цогидалги.
  • Аварагзабазул, имам Шамилил, СалахIудин Аюбил, Нурудин Занкил ва цогидалги имамзабазул бицуна.
  • Мискин-пакъиразе ва чIахIиязе адаб-хIурмат, кумек гьабизе аварагзабазул, устарзабазул ва цогидалги лъикIал чагIазул бицуна.
  • КIикIуниса ГIалихIажил хIакъалъул гIемер бицуна.
  • Нижеца лъималазе мисаллъун рачуна исламалда жаниб жидеца бакI ккурал, исламалда лъалкI тарал хIакъикъиял муъминзаби . Аварагасдаса байбихьун.
  • Иман загlипаб заманалда дица лъималазе кидаго мисалалъе рачуна гlелмуялда гlамал рекъарал гlалимзаби. Гьел ругелъул нилъер аварагасул варисзаби, гьездалъун бугелъул нилъееги лъималазеги хвасарлъи.

Хадусеб номералъе суал «Рокъор лъималгун магIарул мацIалда кIалъалищ нуж? Гьелъул кинал пайдаби рихьулел»?

  • Лъималазе мисаллъун рачуна асхIабзабиги, табигIиналги, мазгьабалъулги имамзабиги, Дагъистаналда ислам цIунарал имамзабиги, гьездаса мисал босани, гьезул нухдасан хьвадани нилъги нилъер наслабиги мекъи ккеларо.
  • Нижеца лъималазе мисаллъун рехсола берцинаб тIабигIаталъул гIадамал, гIалимзаби. Хасго имам Шамил.
  • Как-кIал бугел, махражалда Къуръан цIалулел, иман бугел чагIи.
  • Шамил имам, АхIмад афанди, муфтияталъул гIалимзаби...
  • Лъималазе мисаллъун рачине гIадал гIадамал гIемерал руго. Бищун мустахIикъал аварагзаби рукIинарищха. МухIаммад аварагасул бицуна гIемер. Гьесул асхIабзабазул гIумруялдасаги рицуна гIемерал къисаби. Жакъа ругел устарзабазул, гIалимзабазул ва мисалиял гIадамазул бицинчIого толаро.
  • Дир вуго щуго вас. Дие бокьун буго гьезул щивав цо-цо рахъалъ цеветIуравлъун вукIине. ТIоцебесеб иргаялда, бицуна нилъерго исламиял церехъабазул. Бицуна спортсменазулги. Бусурбанчи вукIине ккола чорхолъ къуват бугев ва рекIелъ иман щулияв.
  • Мисаллъун рачуна цере рукIарал умумул ва цIаларал чагIи. Щайин абуни, умумул рукIана жидерго иш гьаби гурел цоги чагIазул хал-щал гьабун гIунгутIаби хъищуларел чагIи, гIалимзаби - жидер гIелмуги бугел гьелда рекъараб гIамалги ккурал. Гьаб заманалъ мисаллъун щал рачинелалиго лъаларо, гIемерисел руго, щиб гьабулел ратаниги, жидеего пайда кколедухъ гIамал гьабулел.
  • Мисаллъун вачуна МухӀаммад авараг .
  • Как-диналда тIад чIарал, ритIухъал, гIелмиял чагIи. Гьединго эбел-инсул адаб-хIурмат гьабулел, халкъалъе мунпагIат бугел.
  • ЦIакъ гIищкъу буго вас футболистлъун вахъине. Кристиано Роналдол ва цогидал футболистазул бицуна.
  • Лъимал жеги гьитIинго руго, гьелъ мисаллъун щалха рачинел? Исламалъул нух малъула гьезда.

ХIурматиял цIалдолел. Газеталъул щибаб номералда, «ЦIех-рех» абураб рубрикаялда гъоркь, нужее кьезе буго цо-цо суал. Гьелъие жаваб битIизе бегьула СМС хIисабалда гьаб номералде (ватцап): 7-988-458-16-63. Нужеца ритIарал жавабал рахъизе руго хадусеб номералда.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...