Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе
  1. Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав?

– 4 нухалъ.

  1. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб?

– 2640 нухалъ

  1. КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб?

– Сура «Нисаъ», аят 58.

  1. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ бугеб?

– Нужехъе аманаталъе кьурал жал тIураян абураб.

  1. ТIоцебе чода рекIарав чи щив вукIарав?

– ИсмагIил авараг.

  1. Минбар тIоцебе гьабурав чи щив кколев?

– Тамиму ад-Дари.

  1. Аллагьас ﷻ ятимзабазул боцIи кваналев чи сунда релълъинавурав?

– Жиндирго чохьониб цIа бугев чиясда.

  1. Бусурбабазул инженерилан лъида абулеб букIараб?

– Салман Фарисида. 

  1. Бищунго дагь Къуръаналда цIарал рехсарал аварагзаби щал?

– ЯсагI, Зул-Кифл, Иляс ва Идрис. Щивасул цIар рехсон буго кIи-кIи нухалда. 

  1. ХIадисал ракIаризе тIоцебе кIвар кьурав чи щив вукIарав?

– Муслимил вас МухIаммад аз-Зугьри вукIана.

  1. ТIоцебе кьучIал хIадисазул тIехь лъица гIуцIараб?

– Имам Бухарияс.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...