Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе
  1. Аварагас ﷺ гIанкIу квананищ?

– Кванана. Имам Тирмизиясул «Шамаил» абураб тIехьалда квананин абун рехсана.

  1. Къуръаналъул ункъо бутIа гьабун цо бутIаялда щиб сура бащалъулеб?

– Сура «Кафируналда».

  1. Аварагасул ﷺ МухIаммад абураб цIар чан нухалъ рехсараб Къуръаналда?

– Ункъо нухалъ.

  1. ХIарпаздалъун байбихьараб, (рагIиялдалъун гьечIого) чан сура бугеб Къуръаналда?

– 29 сура буго, масала, «Ясин», «ТIагьа» ва гьел гурелги.

  1. Къуръаналъул бащалъиялъул кириялде бахунеб сура щиб кколеб?

– Сура «Залзалат».

  1. Сура «ФатихIаялъул» бисмиллагь тIадаб бугищ цIализе ва гьеб аятлъун кколищ гьелъул?

– Сура «ФатихIаялъул» бисмиллагь цIализе тIадаб буго ва гьеб аятги ккола.

  1. Цере рукIарал умматаз кIал кин кколеб букIараб?

– Щибаб моцIрол лъаб-лъаб къоялъ.

  1. Щай абулеб рамазаналда Къуръаналъул моцIилан?

– Щайгурелъул, гьеб моцIалъ Къуръан рещтIун букIун.

  1. ЦIикIкIун Аварагасда ﷺ релълъарав асхIаб щив вукIарав?

– ХIасан, Аварагасул ﷺ ясалъул вас.

  1. Кинав аварагасул амруялдалъун гьури пулеб букIараб?

– Сулайман аварагасул.

  1. Къуръаналъул ракIилан сунда абулеб?

– Сура «Ясиналда».

  1. Лъица Аварагасде ﷺ гIантал ва гIисинал лъимал тIаде тIамун рукIарал гьев гьезухъе индал?

– ТIаифалъул агьлуялъ.

  1. ХIасанул Басриясул тIокIцIар щиб букIараб?

– Абу СагIид.

  1. Минбар тIоцебе гьабурав чи щив кколев?

– Тамиму ад-Дари.

 

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...