Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. Маккаялда чан сура рещтIараб?

- 85.

2. Мадинаялда чан сура рещтIараб?

- 29.

3. Къуръаналда ругел хIарпазда тIад чан тIанкI бугеб?

- 1025030.

4. Къуръаналъул бащалъиялда бащалъараб сураб щиб?

- Сура «ал-Залзалат».

5. Чан соналъ Къуръан рещтIараб аварагасде ?

- 23 соналъ.

6. Дунялищ яги Ахиратищ Къуръаналда гIемер рехсон бугеб?

- КIиябго бащад рехсана, ай 115 нухалда.

7. Лъабго нухалъ щиб сура цIалани тIубураб Къуръан цIаларабгIанасеб кири щолеб?

– Сура «Ихлас» цIалани (нилъеца гьелда Къулгьуйилан абула).

8. Константинополь лъица бахъараб?

– МухIаммад ФатихIица.

9. «Азкар» абураб тIехь лъица хъвараб?

– Имам Нававияс.

10. Кинаб кIиго сура бугеб бищун дагьал аятал ругеб?

– «Ал-Кавсар» ва «ал-ГIаср». «Ал-Кавсар» бищун къокъаблъун рикIкIуна хIарпазул рахъалъ балагьун, аятазулъ гьел ращад ругониги.

11. Кинаб сураялъ инсан купруялдаса цIунулев кьижилалде цебе цIалани?

– Сура «ал-Кафируналъ».

12. Къуръаналда бакъ чан нухалъ рехсараб?

– 32 нухалъ.

13. Исламалда жаниб тIоцебе тасаввуфалъул тIехь хъварав имам щив вукIарав?

– Имам Къушайри.

14. Къиямасеб къо чан нухалъ рехсараб?

– 48 нухалъ.

15. ХIеж абураб рагIи чан нухалъ рехсараб?

– 11 нухалъ.

16. Сура «Ихласалъул» чан рагIи бугеб?

15.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...