Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. НахIвиялъул амир абун лъие цIар кьураб?

– НахIвиялъул гIалим Сибавайгьиясе.

2. Жакъа чан мазгьаб бугеб хIукму къотIиялъулъ?

– 4 мазгьаб.

3. Кинал мазгьабал гьел кколел?

– Имам Абу ХIанифал, имам Маликил, имам ШафигIил, Имам АхIмадил.

4. ГIакъидаялда жаниб чан мазгьаб бугеб?

– Лъабго.

5. Щал гьел?

– АшгIариял, Матуридиял ва Асаритал. Асариталги ккола битIараб нухда ругел, гьел руго имам АхIмадил мазгьабалъулал, гьесулги битIараб гIакъида букIана.

6. Къуръаналъул ракIилан

сунда абулеб?

– Сура «Ясиналда».

7. ТIоцебе кьучIал хIадисал лъица данде гьарурал?

– Имам Бухарияс.

8. Лъил амруялдалъун тIоцебе хIадисал данде гьаризе байбихьараб?

– ГIумар бин ГIабдулгIазизил амруялдалъун.

9. Бисмиллагь АлхIамалдаса аятлъун рикIкIунищ?

– РикIкIуна.

10. Ибрагьим авараг кив гьавурав?

– ГIиракъалда.

11. Чан Бисмиллагь бугеб Къуръаналда?

– 114.

12. Ислам абураб рагIи чан нухалда рехсон бугеб Къуръаналда?

– 53 нухалда.

13. Къуръан абураб рагIи чан нухалда рехсон бугеб?

– 68 нухалъ.

14. «Зубдатул Мухари», къокъ гьабураб, имам Бухариясул хIадисалъул тIехь лъица хъвараб?

– ГIумар Зиявудиновас. Гьевги ккола дагъистанияв.

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...