Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе
  1. Къуръан рещтIунеб мехалъ вахIю хъвалезул бищун машгьурав щив вукIарав?

– Зайд ибну Сабит.

  1. Къуръан цо тIехьалда данде гьабизе пикру лъица кьураб?

– ГIумар ибну ХатIабица.

  1. Щиб сордоялъ Къуръан тIоцебе рещтIине байбихьараб?

– Лайлатул къадриялъул сордоялъ.

  1. Маккаялъул сурабийилан сунда

абулел?

– Гьижра гьабизегIан рещтIарал сурабазда абула.

  1. Мадинаялъул сураби щал кколел?

– Гьел ккола гьижра гьабун хадур рещтIарал сураби.

  1. Къуръан МухIаммад ﷺ аварагасухъе лъица бачIунеб букIараб?

– Жибрил малаикас.

  1. Щиб моцIалъ Къуръан рещтIараб?

– Рамазан моцIалъ.

  1. Аварагасул ﷺ бищун кIудияб мугIжизат щиб кколеб?

– Къуръан ккола.

  1. Имам Муслимил хIадисазул тIехь баян гьабулеб бищун машгьураб тIехь лъица хъвараб?

– Имам Нававияс. ЦIар - «ШархI СахIихIу Муслим».

  1. СиратI чан нухалъ рехсараб?

– 38 нухалъ.

  1. СалихI аварагасул цIар Къуръаналда чан нухалъ рехсараб?

– 9 нухалъ.

  1. Кив гIурав ГIиса авараг?

– Палестинаялда.

  1. МикагIил чан нухалъ рехсарав?

– 1 нухалъ.

  1. 40 сон базегIан кIиго аварагасе авараглъи кьуна, щал гьел?

– ЯхIя ва Юсуф.

  1. Къуръаналда ТIадегIанав Аллагь ﷻ гьедараб шагьар щиб?

– Макка.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...