Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. Щиб сураялда рехсараб Адам аварагасулги иблисалъулги къиса?

– «Бакъара» сураялда.

2. Цеве Иляс аварагищ яги Сулайманищ вукIарав?

– Сулайман вукIана.

3. Адам аварагас щиб рагIи тIоцебе абураб?

– АлхIамдулиллагьин абуна.

4. Зодоса рещтIарал тIахьазул бищун кIудияб кинаб кколеб?

– Къуръан.

5. Муса авараг накълулъун хадуб бану Исраилал кире арал?

– Палестинаялде.

6. Жиназда тIалъулищ исламалъул умурал тIуразе?

– ТIалъула.

7. Накълулъун хадув Адам авараг лъица чурарав?

– Малаикзабаз.

8. ТIоцебе тавбу гьабурав чи щив?

– Адам авараг.

9. ШугIайб авараг сундалъун машгьурлъарав?

– ПасихIаб каламалдалъун.

10. Бану Исраилазул ахирисев авараг щив?

– ГIиса авараг.

11. Исламалъул кIиабилев халипа щив?

– ГIумар асхIаб.

12. Къуръаналда бугеб бищун ахирисеб сура щиб?

– Сура «Ннас».

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...