Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. Къуръаналъул 1/3 бутIаялда бащалъулеб сура щиб?

- Суратул «Ихлас».

2. Къуръаналъул ¼ бутIаялда бащалъулеб сура щиб?

- Суратул «Кафирун

3. Аварагзабазул бищун тIоцевесев расул щив?

– НухI авараг вукIана тIоцеве расул хIисабалда витIарав чи.

4. ТIадегIанав Аллагьас I муъминзабазе Къуръаналда мисаллъун ячарай кIиго чIужугIадан щий?

– Асият ва Марям бинту ГIимран.

5. Исламалъул кIиабилев халип щив вукIарав?

– ГIумар асхIаб.

6. Йеменалде аварагас r МугIаз витIулев мехалъ щай гьев гIодарав?

– Аварагас гьесда абидал нилъ цоцада рихьичIого рукIине рес бугилан.

7. Къуръаналъул магIна щиб?

8. Къуръаналда хIукмабазул бищун гIемер инструкциял щиб сураялда ругел?

– Суратуд «Бакъараялда».

9. Исламалъул хIужжайилан лъида абулеб букIараб?

– Имам Гъазалиясда.

10. Къуръаналда бищун кIудияб къиса щиб?

– Юсуф аварагасул къиса.

11. Суратул «Намлаялда» цоги щиб цIар абулеб?

– Суратул «Сулайман».

12. Бисмиллагьалъул чан хIарп бугеб?

– 19 хIарп буго.

13. Ахирисеб 30 жузалде жанибе чан сура унеб?

– 37 сура.

14. Щиб сура бугеб 30 аят жинца шапагIат гьабулеб хабалъ?

– Суратул «Мулк» («Табарака»).

15. Бухариясул тIехьищ цебе гьабулеб яги Муслимилищ?

– Имам Бухариясул гьабула.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....