Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. Кинал цIарал ругел Къуръаналда?

– ал-Фуркъан, ал-Китаб, Зикр, ан-Нур, ал-Гьуда.

2. Сужда гьабизе кколел аятал чан ругел?

– 14.

3. Садакъаялъул хIакъалъулъ Къуръаналда чан нухалъ рехсараб?

– 150 нухалда.

4. Аллагьас тIоцеве витIарав расул щив?

– НухI авараг.

5. ХIутI-хъумуралъул цIарал кьурал аятал щал?

– ЦIунцIра, най, хъанхъра.

6. Ибн ХIажар ГIаскъалани чамабилеб соналъ гьавурав?

– 772 гьижрияб соналъ.

7. Имам Навави чамабилеб соналъ гьавурав?

– 631 гьижрияб соналъ.

8. РекIелъе илгьам Аллагьасдасан щий гIаданалъухъе бачIун букIараб?

– Муса аварагасул эбелалъухъе.

9. Суннатаб буго цоцо сурабазда хадуб «Лаилагьа илла ллагь валлагьу акбар» абун абизе. Щал сураби гьел?

– Сура «ЗухIа» ва гьелда хадур ругелщинал сураби.

10. Аварагасул ахирисей чIужу щий?

– Маймунат.

11. Аварагасул лъималазул, гьев накълулъидал, щив хутIун вукIарав?

– ФатIимат.

12. Исламалда тIоцевесев будун щив?

– Билал.

13. Аварагасул цIар гIарабазда жаниб машгьураб букIанищ?

– БукIинчIо. Гьезда цебе гьединаб цIар рагIунго букIинчIо.

14. Чан сон бан букIараб аварагас r къурайшиялгун КагIба базе данделъидал?

– 35 сон.

15. КагIбаялда тIоцебе дарай ретIарав чи щив вукIарав?

– ХIажаж бин Юсуф асСакъафи.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...