Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе
  1. Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб?

– Сура «Алу ГIимраналда».

  1. Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават?

– «Анфал» сураялъ.

  1. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб букIараб?

– Бакъул магIна – эбел, моцIрол - эмен ва цIвабзазул магIна - анцIила цо гьесул вац.

  1. «ХIажр» абун суралъе цIар щай кьураб?

– Кьурабазда ругел чагIи рехсеялъ. Гьез аварагзаби гьереси гьаруна.

  1. «Исраъ» абун суралъе цIар щай кьураб?

– Маккаялдаса Масжидул Акъсаялде сардилъ вачиналъул бицен гьабун букIиналъ.

  1. ХIеж абураб рагIи чан нухалъ рехсараб Къуръаналда?

– 9 нухалъ.

  1. «ИхIя гIулумуддин» абураб тIехь лъица хъвараб?

– Имам Гъазалияс.

  1. Алжанги жужахIги рижанищ нахъе хутIизелъун?

– Гьел кидаго рукIине руго гIалимзабаз рехсараб къагIидаялъ.

  1. ЦIар тIамиялъул хIукмаби щиб сураялда рехсараб?

– «Бакъара, «АхIзаб», «ТIалакъ» сурабазда.

  1. Сарид абураб тIагIам тIоцебе кваназабурав чи щив?

– Гьашим ибну ГIабдуманаф.

  1. Маккаялъул церехъабаз щив витIарав Аварагас ﷺ дагIват тезе абун кIалъазе?

– ГIутбат ибну РабигIа

  1. Мадинаялде Аварагас ﷺ витIарав МусгIаб ибну ГIумайр лъихъ рещтIарав?

– АсгIад ибну Зураратихъ.

  1. Мадинаялда тIоцебе имамлъи гьабун рузман лъица бараб?

– АсгIад ибну Зураратица.

  1. Чан чи вукIарав гьеб мехалъ?

– 40 чи.

  1. Мадинаялде Авараг ﷺ щиб моцIалъ щварав?

– РабигIул аввал моцIалъ.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...