Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. Къуръан къабул гьабун, хIадис къабул гьабичIого тезе бегьулищ?

– Бегьуларо. Гьединав чи куфруялде ккола. Щайгурелъул Къуръан хIадис гьечIого букIунаро ва гьелда тIад рекъон руго гIалимзабиги. ХIадис бугелъул Къуръан бичIчIизабулеблъун.

2. Бищун халатаб щиб къиса бугеб Къуръаналда?

– Юсуф аварагасул хIакъалъулъ.

3. Исламалъул тIоцевесев халифа щив?

– Абубакар.

4. Щиб сура кколеб анцIго нухалъ цIалани алжаналъуб рукъ балеб?

– Суратул «Ихлас».

5. Гьабилилги Къабилилги къиса щиб сураялда рехсон бугеб?

– «Маидаталда».

6. Кинаб гъветI Аллагьас Къуръаналда рехсараб жужахIалъулин абун?

– Закъум.

7. Жакъа аварагасул хутIараб мугIжизат щиб?

– Къуръан.

8. Къуръан хисизабунищ лъицаниги?

– ГьабичIого, гьабизеги гьечIо. Гьедин Аллагьас Къуръаналдаги абуна.

9. Кинаб сура бащалъулеб азарго аяталда?

– Сура «ат-Такасур».

10. Сура «ан-Нисаялда» чIужугIадан абун цIар щай тараб?

– Гьелда жаниб гIемерисел хIукмаби чIужугIаданалда хурхарал рукIиналъ.

11. Бусурбанчиясе къиямасеб къоялъ кинаб кIиго сураялъ рагIад гьабулеб?

– «Ал-Бакъараялъ» ва «ГIимраналъ».

12. Ибн ХIажарил машгьураб хIадисазул тIехь щиб?

– «ФатхIул бари». Гьеб 25 соналъ хъвана.

13. Къуръаналда бакъ чан нухалъ рехсараб?

– 32 нухалъ.

14. Щиб аяталда такрарлъараб 30 нухалъ «мим» хIарп?

– «Ад-Дин» аяталъулъ.

15. Кинал сураби ругел жидер цIар ахирисеб аяталдаги ругел?

– Лъабго сура буго: «МавгIуд», «Масад», «ан-Нас».

16. Къуръаналда гьел рехсана гьерсихъабилъун, амма гьел алжаналде уна. Щал гьел кколел?

– Гьел ккола Юсуф аварагасул вацал.

ХIАДУР ГЬАБУНА ШАМИЛ МУХIАММАДОВАС

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...