Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе
  • Кинаб сураялда абураб муъминзабазда тIад щайтIабазул кверщел букIине гьечIин?
  • – Сура «ал-Хижр», аят 42.

    1. Бащдаб Къуръаналда бащалъулеб сура щиб?

    – Сура «Залзалат».

    1. Чан нухалъ бакъ рехсон бугеб Къуръаналда?

    – 32 нухалъ.

    1. Чан бакIалда ТIадегIанав Аллагьас ﷻ васият гьабураб эбел-инсулгун лъикIаб гьоркьоблъи гьабеян?

    – Анлъго бакIалда. 

    1. «Къаф» абун цIар щай тараб?

    – «Къаф» абун байбихьун букIиналъ.

    1. Сура «ВакъигIат» абун цIар щай кьураб?

    – «ВакъигIат» абун авалалда рехсеялъ ва Къиямасеб къоялъул бицунеб букIиналъ.

    1. Къуръаналда бугеб кIиго сураялда абула «Ихлас» абун. Щал гьел?

    – Сура «Ихлас» ва «Кафирун».

    1. Щиб аяталъ баян гьабураб чIахIиял мунагьаздаса рикIкIалъи гIисинал мунагьал чуриялъе сабаблъун бугилан?

    – Сура «ан-Ниса», аят 31.

    1. Тажвид-гIелмуялъул мурад щиб?

    – Аллагьасул ﷻ ТIехьалда жаниб хатIаъ гьабиялдаса мацI цIуни.

    1. Аварагасда ﷺ иман лъурал лъималазул тIоцевесев щив вукIарав?

    – ГIали-асхIаб.

    1. Бихьиназда гьоркьоса тIоцебе иман лъурав щив вукIарав?

    – Абубакар.

    1. Билал-асхIабасе мушрикиназ гIазаб кьолеб мехалда, гьес щиб абулеб букIараб?

    – Аллагь ﷻ цо вугин.

    1. Какги закагIатги Къуръаналда чан нухалъ рехсараб цоцадаги хурхинабун?

    – 26 нухалъ.

     

    Шамил МухIаммадов

    2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


    Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

    Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


    ХIикматал махлукъатал

    Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


    ЧIахIиязул хIурмат гьаби

    Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


    Нужее баяналъе

    Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


    ТIаса ине гурин

    НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...