Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. Исламалда жанив тIоцеве туснахъ гIуцIарав чи щив вукIарав?

– ГIали асхIаб.

2. Рузман сордоялъги рузман къоялъги щиб сура цIализе беццараб бугеб?

– «Кагьф» сура ва гьединго «Духан». Гьезул хIакъалъулъ рачIарал кьучIал хIадисал руго.

3. Исламалъул гIелмаби киса рачIарал?

– Къуръаналдасаги хIадисаздаги. Киналго хIукмаби гьениса росана.

4. Имам Муслимил хIадисазул тIехьалда бищун машгьураб баян кьолеб тIехь лъица хъвараб?

– Имам Нававияс.

5. ГIалимзабазул султIанилан лъида абулеб?

– ГIизуддин ГIабдуссаламида.

6. Къуръаналда чан жуз бугеб?

– 30.

7. ТIоцебе лъида цебе рагьизе ругел алжаналъул нуцIби?

– МухIаммад аварагасда.

8. Аллагьас тIоцеве витIарав расул щив?

– НухI авараг.

9. Жидер рокъобе тIоцебе Къуръан рещтIарал муъминзабазул улбул щал?

– Хадижат, ГIаишат ва Умму Саламат.

10. Къуръаналда малаикзабийищ яги шайтIабийищ гIемер рехсарал?

– КIиялго ращадго рехсана, ай 68 нухалда.

11. Къуръаналда тIокIцIар жинде абурав щив?

– Абу Лагьаб.

12. Какил гIужазул цIар кьурал сураби щал?

– Суратул «Фажр» ва суратул «ГIаср».

13. Мадинаялда тIоцебе жинда жаниб Къуръан цIалараб мажгит щиб?

– Бану Зарикъ абураб мажгит.

14. Къуръаналда чанго нухалъ рехсараб къо щиб?

– Къиямасеб къо.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...