Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

 

  1. Аллагьас ﷻ тIоцеве витIарав расул щив?

– НухI авараг.

  1. Гьев вугев заманалда щиб ккараб дунялалъе?

– Дунял гъанкъана.

  1. Аварагзабазул рикIкIен рехсараб аят щиб?

– Сура «ан-Ниса».

  1. Щиб сураялъулъ кIиго нухалъ басмала рехсараб?

– Суратул «ан-Намлалда».

  1. Абу Гьурайратица ислам кида босараб?

– Хубайр бахъараб заманалда, гьижрияб анкьабилеб соналъ.

  1. Бищун гIемер хIадисал аварагасдасан ﷺ лъица рицарал?

– Абу Гьурайратица.

  1. ГIумар-асхIабас ислам босидал Маккаялъул мушрикиназ щиб абураб?

– Гьанже нилъерги бусурбабазулги къуват бащалъанин абуна.

  1. Къуръаналдаса хадуб бищун кьучIабилан щиб тIехьалда абулеб?

– Имам Бухариясул «СахIихI» абураб хIадисазул тIехьалда.

  1. ФиргIавнил рокъов щив авараг хьихьарав?

– Муса авараг.

  1. Ярмук гъазаваталда цевехъанлъун щив вукIарав?

– Халид бин Валид.

  1. Салманул Фарисиясе вацлъун щив гьавурав аварагас ﷺ?

– Абу Дардаъ.

  1. Щиб мугIжизат бугеб даимаб, нахъе инчIеб?

– Къуръан.

  1. Къуръаналда МикагIил чан нухалда рехсарав?

– Цо нухалда.

  1. 40 сон балалде кIигоясе кьуна авараглъи. Гьел щал?

– ЯхIя ва Юсуф.

  1. Сура «ГIабасалда» щиб пихъ рехсараб?

– ЦIибил.

 

Шамил МухIаммадов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Фарукъ абураб цIар щвей

Жинда Аллагь разилъаяв ГIумар-асхIаб исламалде вачIун хадуб, бусурбабазда бугеб хIал бихьун гьесул ракI хIалхьун букIинчIо. Бусурбабаз ислам боси балъго гьабулеб букIараб заманалда ГIумар-асхIаб Аварагасухъе ﷺ вачIана ва абуна: «Я, Бичасул Авараг ﷺ, нилъ битIараб нухда гьечIищ, хваниги чIаго...


Ахиралде щвана

Баракатаб РабигӀул аввал моцӀ ахиралде щвана. Гьаб моцӀги Авараг ﷺ гьавураб къоги, цогидал моцӀал гӀадин нилъеца тӀобитӀичIо. Цогидаб заманалде ккун гьаб моцIалъ чияс дагьаб бугониги цӀалун батани Аварагасул ﷺ хӀакъалъулъ, абизе бегьула гьес хайир босанин.   ГӀумруялъ гьесул хӀакъалъулъ цӀаланиги...


Берцинлъи гьаби

Инсанас ретIулеб ретIелги берцинлъиялъе хIалтIизе гьарулел жалги хIалалал рукIуна, гIаммаб куцалда босани. Кинниги гьезда гъорлъ руго хIалтIизаризеги ва гьездалъун къачIадизеги бегьуларел жалги.   Гьел киналго хIалтIизаризе бегьулел жал руго Аллагьас нилъее дунялалда ругебгIан заманалъ...


ГIадамал данде гьарулеб ифтар

Щибаб хамиз къоялъ мажгиталъур данделъула гIадамал кIал биччазе. Анкьида жаниб тIоритIулел ифтарал гIуцIула «Инсан» фондалъ, гьелъие кумек гьабула волонтераз.   Нижеца гара-чIвари гьабуна «Инсан» фондалъул вакил Мурадилгун ва цIехана гьелъулги волонтеразул...


Цоцазе мисал

Нилъер хъизам букIине ккола сахлъи бугеб щулияб жамгIияб гIуцIилъун. Рокъоб гIадлу гьечIони, хъизан-лъималаз гIумру гьабизе гьечIо исламалда рекъон, бажаризе гьечIо гьел лъикIал бусурбабилъун лъугьинарун.   Аслияб масъала буго Аварагасул ﷺ уммат гьоркьоса къотIичIого цIикIкIунеб хIал...