Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе
  1. Щиб соналъ хIеж тIадаблъун гьабураб?

– ИчIабилеб гьижрияб соналъ.

  1. Къуръаналда бищун кIудияб къиса лъил хIакъалъулъ бугеб?

– Юсуф аварагасул хIакъалъулъ.

  1. Имам ШафигIил мугIалим щив вукIарав?

– Муслим бин Халид Занжийи.

  1. Аварагас ﷺ гIумра чан нухалъ гьабураб?

– Ункъо нухалъ.

  1. Бащдаб Къуръаналда бащалъулеб сура щиб?

– Сура «Залзалат».

  1. Къуръаналде гIагараблъун щиб тIехь рикIкIунеб?

– «ИхIяу гIулумуддин» абураб имам Гъазалиясул тIехь.

  1. Къуръаналда бищун гIемер такрарлъараб калима щиб кколеб?

- Аллагь абураб калима. Гьеб такрарлъана 2640 нухалъ.

  1. Какги закагIатги Къуръаналда чан нухалъ рехсараб цоцада хурхинабун?

– 26 нухалъ.

  1. «Ар-РахIман» сураялда гьедин цIар щай тараб?

– Аллагьас ﷻ РахIман абун байбихьиялдалъун.

  1. Бищун къокъаб сура щиб?

– Сура «ал-Кавсар».

  1. Маккаялда чан сура рещтIараб?

– 85 сура.

  1. Мадинаялда чан сура рещтIараб?

– 29 сура.

  1. Кинаб сура байбихьараб Аллагьасул цIаралдалъун?

– Сура «ар-РахIман».

  1. Жиндалъун гурони как буцIцIунареб сура щиб?

– Суратул «ФатихIа».

  1. Къуръаналдаги рехсарал, жидеца Аллагь мискинав вугин, жал бечедал кколин абулел

чагIи щал кколел.

– Ягьудиял.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...