Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. Чан нухалъ такрарлъулеб Марьям абураб цIар Къуръаналда?

– 3 нухалъ.

2. Щиб сураялда рехсараб Зул-Къарнайнил къиса?

– «Кагьф» сураялда.

3. «Марьям» сураялда чан авараг рехсон вугев?

– 11.

4. Бищун къиматаб сура кинаб кколеб?

– Сура «ал-ФатихIа».

5. Абу Ругъан щив чи вукIарав?

– Абрагьамие Маккаялде нух бихьизабурав чи.

6. Кинабниги мунпагIат жинца жанибе бачараб тIорщел щиб?

– ПиринчI.

7. Къуръан цIалулезул сайидилан лъида абулеб букIараб?

– Убаю бин КагIбида.

8. Какилги закагIаталъулги хIакъалъулъ Къуръаналда чан нухалъ рехсей гьабун бугеб, гьебгиха - цоцадаги хурхинабун?

– 26 нухалъ.

9. «РахIман» абун цIар щай тараб сураялда?

– Аллагьас ﷻ РахIман абун байбихьиялдалъун.

10. Бищун къокъаб сура щиб?

– Сура «ал-Кавсар».

11. Къуръаналъул магIна гьабурал тIахьазда кин абулеб?

– Тафсиралин абула.

12. Сура «ан-Насалда» иблисалъул лъимадул щиб цIар рехсараб?

– Ханнас абураб цIар рехсана.

13. Сура «ат-Тиналъул» чан аят бугеб?

– Микьго аят буго.

14. Къуръаналда «Фуркъанилан» щай абулеб?

– БитIараб-тIекъалда гьоркьоб батIалъи жинца гьабулеб букIиналъ?

15. Къуръаналда къалъул гIуж чан нухалъ рехсараб?

– Лъабго нухалъ.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...