Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе
  1. ЖабрагIил малаик Аварагасухъе ﷺ вачIунелъул щив асхIабасул сураталда гьев вачIунев вукIарав?

– ДихIятул Калбиясул сураталда.

  1. Кинаб тӀехьалда дунял бижиялъул ва дунял биххиялъул хӀакъалъулъ бицунеб бугеб?

– Къуръаналда.

  1. Кинаб тIехьалъ цере рукIарал тIахьазул хIукмаби чIезабураб?

– Къуръаналъ.

  1. Аварагзабазул рикIкIен рехсараб аят щиб?

– Сура «ан-Ниса».

  1. Мадинаялда цIар кин рехсон бугеб Къуръаналда?

– Ясриб.

  1. Щиб сура цIалани захIмалъараб ракI бигьа гьабулеб?

 – Сура «ШархI».

  1. Аварагасул ﷺ бищун кIудияб мугIжизат щиб кколеб?

– Хирияб Къуръан.

  1. Къуръаналъул тартибалда рекъон, ахирисеб сура щиб?

– Сура «ан-Нас».

  1. КIиго пихъалдалъун Аллагь ﷻ гьедун байбихьараб сура щиб?

– Сура «ат-Тин».

  1. Къуръаналда аварагзабазул бищун гIемер щив рехсарав?

 – Муса авараг.

  1. Къуръаналда как чан нухалъ рехсараб?

– 700 нухалъ.

  1. Къуръаналда Аварагасул ﷺ АхIмад абураб цIар чан нухалъ рехсараб?

– Цо нухалъ.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...