Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе
  1. Нилъер гIакъидаялда щиб цIар бугеб?

- АшгIариясул цIар буго.

  1. Щив имамасул цIар кьураб?

- Имам Абул ХIасан АшгIариясул.

  1. Щай хасгьабун гьесул цIар кьураб?

- ХIакъикъаталда гьес Аварагас ва асхIабзабаз малъараб гIакъида цIунана къосарал чагIаздаса, гIадамазда малъана битIараб нух. Гьелдаса хадуб гIалимзабаз гьесул нух ккуна ва гьесул цIар машгьурлъана.

  1. ГIараб мацIалъул хIужжайилан лъида абулеб букIараб?

- Имам ШафигIида.

  1. СалихI аварагасухъе кинаб мугIжизат битIун букIараб?

- Кьуруялдаса варани загьир гьаби.

  1. «Улул гIазми», ай къвакIун чIарал аварагзаби щал кколел?

- НухI, Ибрагьим, Муса, ГIиса, МухIаммад.

  1. ТIоцебе Аварагасухъе вахIю киб бачIараб?

- ХIираъ абураб нохъоялда.

  1. Забур щив аварагасухъе рещтIараб?

- Давуд аварагасухъе.

  1. Авараг кинаб черхалъул чи вукIарав?

- Гьоркьохъеб хIалалъул вукIана, цIакъго халатавги, гьединго, къокъавги вукIинчIо.

  1. Аварагасул тIомол кьер кинаб букIараб?

- ХъахIаб, дагьабго багIарлъи жубараб, амма цIакъго хъахIаб букIинчIо.

  1. Аварагасул цо чода щиб цIар букIараб?

- Сакбу.

  1. Аварагасул гIорцIеналда щиб цIар букIараб?

- Дулдул.

  1. Яъжуж-Маъжужалъул кинаб сураялда бицунеб бугеб?

- Сура «Кагьфалда».

  1. Къуръан лъихъе рещтIараб?

- МухIаммад аварагасухъе.

  1. Инжил лъихъе рещтIараб?

- ГIиса аварагасухъе.

  1. Таврат лъихъе рещтIараб?

- Муса аварагасухъе.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...