Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

 

  1. Щиб сураялда Аллагьас мунафикъазабазе «шайтIаналъул партия» абун цIар кьураб?

– Сура «Мужадалат», аят 19.

  1. Къуръаналда закагIатги какги цадахъ чан нухалъ рехсараб?

– 26 бакIалда рехсана.

  1. Кинаб сураялда жаниб Аллагьасул 12 цIар рехсараб?

– Сура «ХIашр», аят 23-24.

  1. Сура «ЖумгIат» абун щай абураб?

– Аллагьас ﷻ жумгIат абун, ай рузман къо рехсон букIиналъ.

  1. «НухI» абун сураялъе цIар щай кьураб?

– Гьесда сверун чанго къиса рехсеялъ. Аллагьас ﷻ нужехъе гьев авараглъун витIанинги рехсана.

  1. Щиб сураялда жаниб 18 аварагасул цIар рехсараб?

– Сура «АнгIам».

  1. Юсуф аварагасул цIар Къуръаналда жаниб чан нухалъ рехсараб?

– 26 нухалъ.

  1. Ибрагьим абун сураялъе цIар щай кьураб?

– Ибрагьим аварагас Аллагьгун ﷻ мунажат (кIалъай) гьабиялъ.

  1. Сура «Кагьф» абун щай цIар кьураб?

– Гьениб асхIабул кагьфал рехсон рукIиналъ. Гьел рукIана иман бугел гIолохъаби, жидер дин цIунизелъун нохъоде арал.

  1. Юнус аварагасулги, гьесул къавмалъулги ва киталда хурхарабщинабги кинаб сураялда рехсараб?

– Сура «Саффат».

  1. Сура «Къаф» абун цIар щай кьураб?

– Къаф абураб хIарпалдалъун байбихьиялъ.

  1. «РахIман» абун сураялъе цIар щай кьураб?

– РахIман абун байбихьиялъ.

  1. Сура «Ннас» абун щай абулеб?

– Ннас абун рехсеялъ. Гьеб рагIи 5 нухалъ такрарлъана.

  1. Маккаялда сарид абураб квен тIоцебе гIадамазе кваназе кьурав чи щив вукIарав?

– Гьашим ибн ГIабдулманаф.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...