Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. ТIоцебе чода рекIарав чи щив вукIарав?

– ИсмагIил авараг.

2. ХIужжатул Ислам (Исламалъул хIужжа) абун лъида абулеб букIараб?

– Имам Гъазалиясда.

3. Къуръаналда моцIрол хIакъалъулъ чан нухалда рехсараб?

– 12 нухалда. Халгьабе, лъагIалида жанибги букIуна 12 моцI.

4. Ибну Кутубилан, ай тIахьазул василан лъида абулеб букIараб?

– Имам СуютIиясда. Гьев библиотекаялда гьавун вукIиналъ.

5. Чан нухалда варани рехсараб Къуръаналда?

– КIиго нухалъ.

6. Бусурбанчиясе къиямасеб къоялъ кинаб кIиго сураялъ рагIад гьабулеб?

– «Ал-Бакъараялъ» ва «ГIимраналъ».

7. Исламалда тIоцевесев къази (судияв) щив вукIарав?

– ГIумар бин ХатIтIаб.

8. Минбар тIоцебе гьабурав чи щив кколев?

– Тамиму ад-Дари.

9. Аллагьас ﷻ Къуръаналда цIакъ кIудияблъун щиб рикIкIараб?

– Руччабазул макру.

10. Бусурбабазул инженерилан лъида абулеб букIараб?

– Салман Фарисида.

11. Бищунго дагь Къуръаналда цIарал рехсарал аварагзаби щал?

– ЯсагI, Зул-Кифл, Иляс ва Идрис. Щивасул цIар рехсон буго кIи-кIи нухалда.

12. Сабруялъул рехсей гьабураб мехалда щив ракIалде щолев?

– Аюб авараг.

13. Къиблаялде руссинегIан цере бусурбабаз кире руссун какал ралел рукIарал?

– Байтул Мукъадисалде руссун.

14. Аварагас ﷺ балъголъи малъун тарав асхIаб щив вукIарав?

– ХIузайфату Ямани.

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...