Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. Руччабазда рузманалъул как тIалъулищ?

– ТIалъуларо.

2.       Бихьиназ рузманалъул как базегIан, руччаби къаде как базе чIезе кколищ?

– Кколаро. Как ахIун хадуб как базе бегьула.

3.       РукугI-сужда гьечIеб как щиб?

– Жаназаялъул как.

4.       Маккаялда бугеб Масжидул ХIарамалда бараб какихъ кигIанасеб кири щолеб?

– Нусазаргоялде бахинабула.

5.       Мадинаялъул мажгиталда бараб какалъухъ чан кири кьолеб?

– Азарго кири кьола.

6.       Масжидул Акъсаялда бараб какалъухъ чан кири щолеб?

– 500 щола.

7.       Дунялалда тIоцебе бижараб мегIералда цIар щиб?

– Абу Къубайс.

8.       Гьеб мегIер киб бугеб?

– Маккаялда.

9.       Рагъ гьабизе хIарамал моцIал щал?

– ЗулкъагIида, зулхIижа, мухIарам, ражаб.

10.     УхIудалъул гъазават щиб сураялда рехсараб?

– Сура «Алу ГIимраналда».

11.     Къуръаналда рехсараб кIиго мегIер щиб?

– Сафа ва Марва.

12.     Бищун халатаб сура щиб?

– «Бакъара».

13.     Бищун гIемер такрарлъулеб рагIи щиб?

– Аллагь абураб рагIи. Гьеб такрарлъула 2640 нухалъ.

14.     Бищун халатаб аят щиб?

– «Дайнун» абураб аят (сура «Бакъара», аят 282).

15.     Бищун къокъаб сура щиб?

– «Кавсар». Гьелда жаниб буго лъабго аят.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...