Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. ЯхIя аварагасул цIар Къуръаналда чан нухалъ рехсараб?

– 5 нухалда.

2. Алжаналде бищун ахиралда лъугьунев авараг щив?

– Сулайман.

3. Имам Нававияс гIелму цIалулеб мехалъ чан дарс босулеб букIараб?

– Щибаб къоялъ гьес 12 батIи-батIиял дарсал росана.

4. Аварагас ﷺ унтун чан къо бараб?

– КьучIаб рагIиялда бан 13 къо.

5. Мадинаялда Аварагас ﷺ чан соналъ гIумру гьабураб?

– 10 соналъ.

6. Бищун халатаб хабар щиб бугеб Къуръаналда?

– Юсуф аварагасул хIакъалъулъ.

7. Исламалъул тIоцевесев халифа щив?

– Абубакар.

8. Щиб сура кколеб анцIго нухалъ цIалани Алжаналъуб рукъ балеб?

– Сура «Ихлас».

9. Кинаб сура бащалъулеб азарго аяталда?

– Сура «ат-Такасур».

10. Сура «ан-Нисаялда» чIужугIадан абун цIар щай тараб?

– Гьелда жаниб гIемерисел хIукмаби чIужугIаданалда хурхарал рукIиналъ.

11. Бусурбанчиясе къиямасеб къоялъ кинаб кIиго сураялъ рагIад гьабулеб?

– «Ал-Бакъараялъ» ва «ГIимраналъ».

12. Къуръаналда бакъ чан нухалъ рехсараб?

– 32 нухалъ.

13. ГIалимзабазул султIанилан лъида абулеб?

– ГIизудин ГIабдусаламида.

14. КIал кквей чамабилеб соналъ тIад гьабураб?

– Гьижрияб кIиабилеб соналъ.

15. Муса аварагасул тIоцебесеб мугIжизат кинаб букIараб?

– ГIанса борохьалде свери.

16.       Щив асхIаб вукIарав цIикIкIун аварагасда ﷺ релълъарав?

– ХIасан бин ГIали.

17.       Тасаввуфалъул хIакъалъулъ тIоцебе хъвараб тIехь щиб?

– «Рисалатул Къушайри».

 

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...