Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. Щиб аяталъ алфавиталъул тIолалго хIарпал данде гьарурал?

– 154 аят, сура «Али ГIимран».

2. Аманат абураб рагIи Къуръаналда чан нухалъ рехсараб?

– 1 нухалъ.

3. Къуръаналъул хъаравул абун лъие цIар кьун букIараб?

– ГIумар асхIабил яс ва Аварагасул чIужу ХIафсатие.

4. Яъжуж Маъжужазе къед лъица бараб?

– Зул-Къарнайница.

5. Къуръаналъул эбелилан сунда абулеб?

– Сура «ал-ФатихIаялда».

6. ГIадамазул цIар кьурал, ай жал аварагзабиги гурел, кIиго сура щиб?

– Марям ва Лукъман.

7. СихIруялъул хIукму щиб?

– ШаргIалъ хIарам гьабуна

8. ГIарабазул эменилан лъида абулеб?

– ИсмагIил аварагасда.

9. Къуръаналда гьел рехсана гьерсихъабилъун, амма гьел алжаналде уна. Щал гьел кколел?

– Гьел ккола Юсуф аварагасул вацал.

10. Персазул щив ханас Аварагас битIараб кагъат бихъ-бихъун бараб?

– Кисра Ану Ширваница.

11. Зубайр бин ГIавамица, ислам босидал, чан сон бан букIараб?

– 16 сон.

12. Сура «ФатихIаялъул» бисмиллагь тIадаб бугищ цIализе ва гьеб аятлъун кколищ гьелъул?

– Сура «ФатихIаялъул» бисмиллагь цIализе тIадаб буго ва гьеб аятги ккола.

13. Алжаналъул кIулин сунда абулеб?

– «Лаилагьа илла Ллагь МухIаммадун расулуЛлагь».

14. Халкъалъул эменилан лъида абулеб?

– Адам аварагасда.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...