Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. Бищун лъикI Аварагасда ﷺ релълъенлъи гьабун, гьесда нахъвилълъунев асхIаб щив вукIарав?

– ГIабдуллагь ибну ГIумар.

2. Имам Тирмизи кида гьавурав?

– 209 соналъ.

3. Лъимадуе лъикIаб, берцинаб цIар кьезе кколищ?

– Суннатаб ва лъикIаб буго гьединаб цIар кьезе.

4. Лъезе лъикIал гьечIел, карагьатал цIарал рукIунищ?

– РукIуна. Гьелги руго къабихIаб ва квешаб магIна кьолел цIарал.

5. Лъезе хIарамал цIарал ругищ?

– Гьел ккола ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ хасал цIарал.

6. ИгIтикафалъул магIна ва гьелъул хIукму щиб?

– ИгIтикаф суннат ккола. ИгIтикаф ккола, хасаб ниятги гьабун, мажгиталъув чIей.

7. Къуръаналъул магIна бачараб сура щиб кколеб?

– ФатихIа.

8. Къуръан цIалулезул сайидилан лъида абулеб букIараб?

– Убаю бин КагIбида.

9.  «Умматалъул божи» абураб цIар лъие кьураб?

– Абу ГIубайд бин ЖарахIие.

10.  «Муснад» абураб тIехьалъул автор щив?

– Имам АхIмад.

11.  Варани Къуръаналда чан нухалъ рехсараб?

– КIиго нухалда. 

12.  Какие чурун бахъиндал щиб сура цIализе бихьизабун бугеб?

– Сура «ал-Къадр».

13.  Хварасдасан балеб как щиб?

– Жаназалъул как.

14.  Умму Хани щий кколей?

– Аварагасул яцгIал, Абу ТIалибил яс ва ГIали-асхIабил яц.

15.  Имам Навави кида гьавурав?

– 631 гьижрияб соналъ.

 

 

Шамил МухIаммадов

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...