Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе
  1. Авараг гьавураб сон щиб сон букIараб?

– Пилалъул сон.

  1. Пилалъул сон абун щай гьелда цIар тараб?

– Гьеб соналъ Абрагьат аскаргун ва пилалги рачун КагIба биххизе вачIун вукIана.

  1. Аварагасе ﷺ кьураб бищун кIудияб мугIжизат щиб букIараб?

– Къуръан.

  1. Муса аварагасул тIоцебесеб мугIжизат кинаб букIараб?

– ГIанса борхьиде свери.

  1. Бищун хирияб сура щиб?

– «ФатихIа».

  1. Чан нухалъ такрарлъулеб «Марьям» абураб цIар Къуръаналда?

– 3 нухалъ.

  1. Щиб сураялда рехсараб Зул-Къарнайнил къиса?

– «Кагьф» сураялда.

  1. Рузман къоялъги рузман сордоялъги цIализе беццараб сура кинаб бугеб?

– Сура «Кагьф».

  1. «Марьям» сураялда чан авараг рехсон вугев?

– 11.

  1. Имам ШафигIица хъвараб фикъгьияб тIехьалда цIар щиб?

– «Умму».

  1. Жакъа фикъгьиял хIукмабазул мазгьабал чан ругел?

– Ункъо буго нилъехъе щвараб: имам Абу ХIанифа, имам Малик, имам ШафигI, имам АхIмад.

  1. Сулайман авараггун кинаб хIинчI букIараб?

– Гьудгьуд букIана.

  1. Кинаб кIиго мегIер рехсараб Къуръаналда жаниб?

– Сафа ва Марва. Гьеб кIиябго мегIер хIеж борхулезда батула.

  1. Рузманалъул как балаго Аварагас ﷺ щал сураби цIалулел рукIарал?

– Сура «Гъашият» ва «АгIла».

  1. МухIаммад аварагасда ﷺ цоги машгьураб цIар щиб букIараб?

– АхIмад.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...