Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе
  1. Бищун тIадегIанаб сура щиб?

– Сура «ФатихIа».

  1. Сура «Кавсаралъул» чан аят бугеб?

– Лъабго аят буго. Гьеб ккола бищун къокъаб сура.

  1. Гъеду щиб сураялда рехсараб?

– «Маидат» сураялда.

  1. ТIадегIанав Аллагьас лъида абураб: «Дун дудаса рази вуго ва мун вугищ Дидаса рази»? - ян.

– Абубакарида.

  1. Гьеб хабар аварагасухъе лъица босун бачIараб?

– ЖабрагIил малаикас.

  1. Юнус авараг чан нухалъ Къуръаналда рехсарав?

– Ункъо нухалъ.

  1. «СахIибу ррасул» абун тIокIцIар лъие кьун букIараб?

– Абубакарие.

  1. Къуръаналда рехсараб алжаналъул гъотIода цIар щиб?

– ТIуба.

  1. Кида чIварав ГIали бин Абу ТIалиб?

– Гьижрияб 40-абилеб соналъул 17-абилеб рамазаналъ.

  1. Исламалда тIоцевесев къази (судияв) щив вукIарав?

– ГIумар бин ХатIаб.

  1. Минбар тIоцебе гьабурав чи щив кколев?

– Тамиму ад-Дари.

  1. Къуръаналъул адабазул «Тибьян» тIехь лъица хъвараб?

– Имам Нававица.

  1. Къуръаналда рамазан моцI чан нухалъ рехсараб?

– Цо нухалъ.

  1. Бищун кьучIаб хIадислъун кинаб рикIкIунеб?

– Имам Бухари ва Муслим тIадрекъараб хIадис.

 

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...