Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе
  1. Къуръаналда рехсарай бищун хирияй гIадан щий?

– Марьям.

  1. Аварагасул ﷺ гIумруялъул бицунеб гIелмуялда щиб абулеб?

– Сира. Гьелъул магIнаги ккола хьвада-чIвадийин абураб.

  1. 950 соналъ халкъ Аллагьасде ﷻ лъица ахIараб?

– НухI аварагас.

  1. НухI аварагасул гама киб рещтIараб?

– Жуди абураб магIарда.

  1. «Бухари» тIехьалда хадуб хIадисазул кьучIаблъун кинаб тIехь рикIкIунеб?

– Имам Муслимил «СахIихI».

  1. Имам Муслимил шайих щив вукIарав?

– Гьесул гIемерал шайихзаби рукIана. Бищун машгьурав имам Бухари ккола.

  1. Имам Муслим чамабилеб соналъ гьавурав?

– 204 соналъ.

  1. Аварагас ﷺ чан сон бан букIараб эмен хведал?

– Гьев вукIана кIиго моцI ургьиб барав чи.

  1. Аварагас ﷺ чан сон бан букIараб Хадижат ячиндал?

– Аварагас ﷺ бан букIана 25 сон, Хадижатица - 40.

  1. Гьелъие магьаридуе щиб кьун букIараб?

– ГIолохъанаб 20 варани.

  1. Исламалъул байбихьуда балъго чан соналъ дагIват

гьабураб?

– Лъабго соналъ.

  1. Мадинаялде гьижра гьабулеб мехалъ Авараггун ﷺ цадахъ щив вукIарав?

– Абубакар Сидикъ.

  1. Аварагасул ﷺ бищун гьитIинай ясалда цIар щиб букIараб?

– ФатIимат.

  1. Аварагасул ﷺ бищун кIудияв васасда цIар щиб букIараб?

– Къасим.

 

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...