Аслияб гьумералде

Нужее баяналъе

Нужее баяналъе

1. ГIакаги вараниги чан чиясдаса Къурбаналъе хъвезе бегьулеб?

– Анкьго чиясдаса.

2. Дагъистания - зул агьулу, исламалъул гIакъидаялда, щив имамасда хадур рилълъунел?

- Абул ХIасан ГIашариясда.

3. ШайтIабийищ яги малаикзабийищ Къуръаналда цIикIкIун рехсарал?

– Ращадго рехсана, ай 68 нухалда.

4. МегIералъул цIар кьураб сура щиб?

– Суратул «ТIур».

5. КIиго нухалъ аварагасухъе рещтIараб цого сура щиб?

– Сура «ал-ФатихIа». Цо нухалъ рещтIана Маккаялда ва цогидаб нухалъ Мадинаялда.

6. Къуръаналда бугеб кIиго сураялда абула (кIиго ихласалъул сурайин). Щал гьел?

– Суратул «Кафирун» ва суратул «Ихлас».

7. Къуръаналда жаниб садакъа чан нухалъ рехсараб?

– 150 нухалъ.

8. Гьавураб мехалъ ГIиса аварагас щиб абураб?

– Дун Дур (Аллагь) лагъ вугин.

9. Къуръаналда жаниб хIеж чан нухалъ рехсараб?

– 11 нухалъ.

10. ХIежалъул магIна щиб кколеб лугъаталда?

– Къасд гьаби.

11. Щиб соналъ хIеж тIадаблъун гьабураб?

– ИчIабилеб гьижрияб соналъ.

12. Бащдаб Къуръаналда бащалъулеб сура щиб?

– Сура «Залзалат».

13. Сулайман аварагасул заманалда букIараб хIинчI щиб?

– Гьудгьуд.

14. Кида гьавурав имам Навави?

– Гьижрияб 631 соналда.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...