Аслияб гьумералде

ХIикматал махлукъатал

ХIикматал махлукъатал

ЦIцIе

 

ЦIцIани ккола инсанас тIоцере кверде ругьун гьарурал рухIчIаголъабазул цо тайпа. ГIалимзабаз чIезабун буго гьел кверде ругьун гьарун ругин 10 азаргоялдасаги цIикIкIун соналъ цебе. 

Гьезул рак хIалтIизабула хинлъиялъе, цIоко - ретIел-хьит гьабизе.

ЦIцIаназул буго 200-ялдасаги цIикIкIун тайпа. Гьезда кIола, чиясул гьурмахъ балагьун, гьесул чорхол хIал лъазабизе. Гьеб хасият сабаблъун цIцIани рикIкIалъула квешав чиясдаса, аскIоре къала разияв чиясде.

ГIалимзабаз хъвалеб буго цIцIаназда кIолин лъикIалги квешалги сигналал ратIа рахъизе. Ва лъикIаб гьаракь рагIараб жоялъулгун гьабулеб буго лъикIаб гьудуллъиги.

ЦIцIаназе гIемер бокьуларо цIад. Гьеб базе байбихьидал хехго рахчизе гIамал гьабула. Гьезул беразда кIола, мугъзада бугеб хутIун, хутIанщинаб бакI бихьизе. Бихьиги буго цIодораб, бегIераб, тIаде кIанцIулеб хIайван хехго халлъулеб.

Гьезул кванирукъ буго ункъо батIияб къотIел бугеб. Гьезул щибалъ кумек гьабула, тамахлъи-къвакIи халгьабун, батIи-батIияб квен бихIинабизе.

Гьезул рахь рикIкIуна дунялалда бищун гIемер хIалтIизабулеблъунги.

 

ЦIцIедул рахь

Гьеб бечедаб буго минералаздалъун (калий, магний, кальций, натрий, фосфор, медь, марганец ва железо) В, А, Д ва С витаминаздалъун. Гьелъ беццула витаминазулгун минералазул къадар дагьлъидал цIцIедул рахь хIалтIизабизе. Гьелъ иммунитет лъикIлъизабула. Гьелъулъ буго бактерияздегун вирусазде данде къеркьолеб, бакьазул хварал клеткаби цIигьарулеб къуват.

Бидул тIадецуялъеги лъикIаб асар гьабула. Минералазул къадар цӀикӀкӀараб букӀиналъ, гьоркьоса къотӀичӀого хIалтIизабиялъ, гьелъул гьарурал нигӀматал кванаялъ кумек гьабула бидул тӀадецуй гӀадатияб хӀалалда чIезабизе.

Цаби щула гьарула. Лактозалъ ва кальциялъ цӀунула цаби-гӀусазул эмаль кариесалдаса. ХӀацӀулъ кальций цӀикӀкӀинабула, цабзазда ккараб гъат дагьлъизабула.

Бихьиназул гIемер букIуна кванирукъалъулгун бакьазул унти. ЦIцIедул рахьдалъ ругел фосфатаз кумек гьабула гьелъие ва чорхол хIал лъикIлъизабизе. 

ЦIцIедул рахь кIиго нухалъ хехго бихIуна гӀакдал рахьалдаса, чорхолъ босиги лъикӀаб буго гIезегIанго. ЦIцIедул рахь лъикIаблъун рикIкIуна бихьинлъиялъул къуват цӀикӀкӀинабиялъе ва сахал лъимал гьариялъе. Руччабазеги, гьелго гIиллабазе, беццараб буго. Гьелда гъорлъ руго лъимер гьабизе ругел ва лъимер хахизабулел руччабазе хӀажатаб рахьдал кислота, кальций ва железо гIадал нигӀматал.

Щула гьарула малъал, рас, цаби. Кванирукъалда цIекIлъи ва цIерхI дагьлъизабула. ТIул цIилъизеги кумек гьабула. Туберкулез ва чакрил диабеталъ унтаразеги пайдаяб буго. Кумек гьабула свак чучиялъеги. Гьализабидалги гьелда гъорлъ хутIула пайдаял жал.

Ригьалде рахаразеги лъикIаб буго цIцIел рахь. Гьелъ кумек гьабула рукьби загIиплъизе тунгутIиялъе. ЛъикӀаб асар гьабула гIадалнахул хӀалтӀуе. РакIалда жо чIунгутIи хехго щвезе тунгутIиялда данде къеркьолел гIуцIалабиги руго.

КIудияб асар гьабула ракӀалъулгун бидурихьазул гIуцIиялъе, квешаб холестериналъул къадар далълъизабизе.

Макьил низам хварав чиясеги бегьула гьеб, хинлъизеги гьабун, гьоцIоги жубазабун, гьекъезе.

 

МухIаммад ГIалиев

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...