Аслияб гьумералде

Казияталдасан пайда щвана

Казияталдасан пайда щвана

Казияталдасан пайда щвана

ГъазМухIаммадов Жамалудин ккола Хунзахъ районалъул Харахьи росулъа. ЦIалана экономистасул махщалие. ХIалтIана батIи-батIиял идарабазда бухгалтерлъун. ГьабсагIаталда гIумру гьабун вуго ЦIияб Хушет поселокалда. Кидаго букIана спорталъулгун щулияб гьудуллъи. Гьанже нахъацин гIолохъабазда кIоларел гьунарал гьарулаан Жамалудиница турникалда. Гьесул хIакъалъулъ телевидениялъ передачацин бахъун букIана.

 

Киве кканиги как-кIал течIо, хатму-свалаталде хьвадана. Хушеталда бугеб мажгиталъул жигарав жамагIатчиги ккола Жамалудин. ГIалимзаби, устарзаби цIунулел волонтеразул къокъаялда гъорлъги вуго гьев.

Росдал гIолохъабаз гIарацги бакIарун гьесие сайгъат гьабуна машинаги.

«Ас-салам» казияталъул божарав гьудулги ккола Жамалудин. Гьес абула жив гIелму цIаларав чи гурин, амма «Ас-салам» казияталдасан гIемераб пайдаяб гIелму щванин абун.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...