Аслияб гьумералде

Шамил районалда – аварагасул асарал

Шамил районалда – аварагасул асарал

Шамил районалда – аварагасул асарал

13 апрелалда Дилималдаса ХIебда росулъе рачIана МухIаммад аварагасул асарал. Гьеб дандчIваялде бергьараб хIадурлъи гьабун букIана Шамил районалъул гIадамаз. Гьел рачIунелъул дандчIвазе рачIана гIемерал росабазул гIадамалги. «ЧIагояб коридор» гьабун, кодор игIланалгун, кьер-кьерал шаралгун дандчIвай гьабуна гIадамаз.

 

Асарал рачIиналде цебесеб къоялъ тIобитIана субботник. Рес бугелщинал минаби, тукаби хъахI гьаруна гач, лажбар бахун. Киса-кирего рана гвангъарал чирахъал, игIланал.

Асарал рихьизе рачIунезулги букIана кIудияб читIир. ХIатта рачIана Хунзахъ, Гъуниб, ЧIарада, Хьаргаби, ЛъаратIа районаздаса ва БежтIа участокалдаса гIадамал. Радакь кваназеги маркIачIуда кIал биччазеги киназего гIуцIун букIана ифтар.

Асарал цIунулезул къокъаялда гIахьаллъи гьабуна районалъул волонтераз гуребги, гIемерал идарабазул хIалтIухъабазги. Цо къоялъ, хъахIал халгIаталги ретIун, чанго сагIаталъ эхетана ЦРБялъул тохтурзабицин. Гьединго рукIана районалъул росабазул администрациязул нухмалъулелги.

Шамил районалъул гIорхъоде, асаразда дандчIвазе аразда гьоркьор рукIана районалъул нухмалъулев М. ХIасанов, районалъул имам ГIизудин, гIалим ГIусман-хIажияв, росабазул имамзаби.

Гьеб тадбиралъ иргадулаб нухалдаги гъункизабуна районалъул жамагIат. Гьез бихьизабуна анцIгоялдаса цIикIкIун муршид жанив вахъараб районалъул гIалимзабаздехун, хасго МухIаммад ﷺ аварагасдехун бугеб рокьи.

Аллагьас киназулго зиярат къабул гьабеги.

 

 

 

 

МухIаммаднаби МухIаммадов,

КъахIиб росдал бегавул:

 

- Аллагьас ﷻ гьал асаразул баракат-шапагIат тIубараб Дагъистаналдасаго тIаса унгеги. Хирияв аварагасул ﷺ нухги ккун, гьесул ﷺ суннатги чIаго гьабун гIумруги тIамун, дунялалъул ахирги ахираталъул байбихьиги Аллагь ﷻ разияб щун, авараггун ﷺ ва асхIабзабигун ахираталда данде гьареги нилъ ТIадегIанас ﷻ.

 

 

 

ГьитIиножоев ГIизудин,

Шамил районалъул имамзабазул советалъул председатель

 

- Аварагасул ﷺ асарал рачIиналде хIадурлъи гьабиялъул бицани бокьилаан?

- ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ рахIму-цIобалдалъун хабар бачIана ХIебде аварагасул ﷺ асарал рачIине ругин абун. Гьеб хабар рагIидал киналго рохана. Байбихьана хIадурлъи гьабизе. ТIоцебе хIукму ккун букIана гьел асаразе мажгит къачIазе. ГIезегIан хIалтIи гьабуна мажгиталда сверухъ. Ахирги хIукму гьабуна паркалъуб хасал бакIал къачIазе. Къокъаб заманалда, жамагIаталъул кумекалдалъун, кутакалда берцинго къачIана парк. Асарал рачIине ругел нухал къачIана. Гьебги ккола 22 километр. ТIубараб районалъго гьабуна хIадурлъи. Аллагь ﷻ разилъаги киназдасаго.

 

- ХIадурлъи гьабизе кигIан мех букIараб?

- ХIадурлъи гьабизе заман букIана. Аслияб хIалтIи гьабизе байбихьана анкь хутIараб мехалъ. Гьеб заманалда гьабуна бащдаб лъагIалица гьабулеб хIалтIи.

 

- Квербакъи лъица гьабураб?

- Кутакаб квербакъи гьабуна тIолабго жамагIаталъ. Гьединго паркалъул ракь гIуцIизе изну кьун кумек гьабуна районалъул бетIер ХIасанов МухIаммадица. Бицун хIалкIолареб кумек гьабуна росдал бегавул АхIмадов МухIаммадица. Сверухълъиялда ругел районазул росабалъа рачIун гIолохъабаз гьабуна кумек.

 

- РачIунел гIадамал гIемер рукIанищ? Асарал рачIараб заман рамазан моцI букIиндал, кIалал риччазе гьезие санагIалъаби гьарун рукIанищ?

- ТIубараб сордо-къоялъ рачIунел гIадамазул гьоркьоб къотIи букIинчIин абизе бегьула. ГIадамал жанире риччалеб бакIалда чIарав хъаравулас абуна кIиго сагIаталда жаниб 2500 чи анин абун. Гьанже нужецаго хIисаб гьабе, тIубараб къоялъ кигIан чи вачIаравали. Гьединго, щибаб къойил кIал биччазе заман щваралдаса сухIуралде щвезегIан зияраталъ рачIарал кваназеги гьаруна. 

 

 

 

Ражабова ПатIимат, 81 сон:

- Аварагасул ﷺ асаразде зиярат гьабизе дун цееги щун йикIана. ЧIалгIенги буссинчIого цIидасан ячIун йикIана гьанжеги зияраталъ. Гьарула Аллагьасда ﷻ Дагъистаналда ислам тIегьазабегийин абун. Гьаб зиярат гIуцIизе квербакъаразеги халатаб гIумру кьеги. Кидаго рохалида хутIаги. Рагъ-кьалалъул балагьаздаса цIунаги. Аллагь ﷻ разияб гIамалалда хутIаги. Рагъде арал Дагъистаналъул гIолохъабиги сах-саламатго тIадруссаги. Гьенир васал хварал эбел-инсуеги сабру кьеги. Жакъа дунялалдаги, метер ахираталдаги аварагасул ﷺ шапагIаталги, асхIабзабазул ва устарзабазул баракатги камун нилъ хутIугеги. Гьезул файиз-рахIматалда гъоркь метер къиямасеб къоялъ ГIаршалъул рагIдукь данделъаги.

 

 

 

 

Раисат ГIалиева,

ЛъаратIа район:

 

- Асарал рихьидал черхалъе лъугьунеб хIал рагIабаздалъун загьир гьабизе кIоларо. Гьел БежтIе рачIараб мехалъги рихьун рукIана. Аллагьас ﷻ гьезул баракат камугеги нилъее, диналъе тавпикъ кьеги. 

Иргадулаб нухалда асарал рихьизе щвеялъе сабаблъун ккаразеги сахлъи батаги, рохалилаб гIумру кьеги, гьабулеб ишалъулъ Аллагьасул ﷻ хIавлу-къуватги камугеги.

 

 

МахIмуд-афанди Думалаев,

Муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил:

 

- Асарал гьанире рачIиналъе ккана гьадинаб гIилла. Дун, Шамил районалъул имамзабазул советалъул председательлъун вугеб заманалда, жамагIаталъ хIукму гьабуна муфтияталда аварагасул ﷺ асарал нижер районалде рачIине рес рекъеларищин абун гьаризе. Гьелъие вакил гьавуна дун. Асаразул тIалаб-агъаз гьабулезухъе ун абуна, нижер жамагIаталъул гьадинаб гьари бугин, бегьулеб батани гьел нижехъги ритIейилан абун. ДунгогIадал гьединаб мурадалъ рачIарал цогиги рукIун ратила, гьезул рахъалдаса хабар щвана анцIила кIиго устар жанив вахъараб район цебе букIаго жидеца тIалаб гьабиларин, цин гьезухъе росейин абун. Гьебги нижеца тана иргадулаб нухалъги устарзабазул баракат кканин абун.

Асарал районалде росизе бихьизабураб сордо-къо букIана чваххунцIад балеб. Бугониги, руччабигун бихьинал, гIисиналгун чIахIиял, асарал рачIиналъе хIадурлъи гьабун, хIалтIана.

Балеб цIадги гьава-бакъалъул букIараб кьерхенги бихьун, рекIее гIемер парахалъи букIинчIо. Дида букIараб хIал бихьун цадахъ вукIарав асаразул оргкомитеталъул вакил ЧIиркъатIаса ГIабдуллагь-хIажияс абуна гьава-бакъалъухъ балагьун дуца кIудияб ургъел гьабугейин, Аллагьас ﷻ рекъезабулин кинабго. Эхеде гIагарлъарабгIан байбихьана цIад къотIизе ва районалъул гIорхъоде щолелъул бакъги щвана.

ГIадлу букIинабиялъул мурадалда, щивасул машина жанире риччачIого, ХIебда росдал байбихьудаса асарал лъураб бакIалде щвезегIан маршруткаби чIезарун рукIана гIадамал раччизе. Гьеб тадбир бихьидал, цо-цо чагIаз абуна хIежалда букIунеб хIал ракIалде щвезабунин абун. 

Гьадинал тадбирал чанго чияс гьабулел жал рукIунарелъул, бокьун буго баркала загьир гьабизе районалъул бетIер ХIасанов МухIаммадие, РОВДялъул начальникасегун щибаб организациялъул хIалтIухъанасе, волонтеразе, руччабазегун бихьиназе.

Аллагь ﷻ разилъаги, гьаниб щвараб баракат гIумруялъул къояз нужеда тIаса унгеги.

 

 

 

МухIаммадхIажи МухIаммадов, КъахIиб росулъ бугеб туберкулёз сах гьабулеб больницаялъул бетIерав тохтур:

- Жакъа нижее, ай тохтурзабазе гьаниб гIахьалъи гьабизе щвей батизе рес буго киданиги нижгIадазе щвечIеб ва щвелин абун ракIалдаги букIинчIеб иш. Гьанир рахъун чIезе ниж ахIиги буго нижее кIудияб рохеллъун.

 

 

Зайнаб-хIажияй, Дарада-Мурада росу:

- Нижерго районалде асарал рачIараб мехалъги рихьун рукIана, Аллагьас ﷻ гьезул баракат тIолабго Дагъистаналъего гIамм гьабеги. БетIергьанас ﷻ исламги бусурбабиги цIунаги, рагъ-кьал рикIкIад гьабеги. Россиялдаго тIибитIараб «Ас-саламалъе» гьабулеб хIалтIуеги щваги гьазул баракат.

 

 

 

 

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Наркотиказде данде

ЛъаратIа районалда, диниял хIаракатчагIазул квербакъиялдалъун, тIобитIана школлъималазе наркотиказда данде къеркьеялъул бицунеб дарс. Гьединаб мурадгун Гъараколоб росдал школалде рачIун рукIана ДРялъул муфтияталъул ЛъаратIа районалда бугеб лъай кьеялъул управлениялъул ва «Инсан»...


Иргадулаб кумек

Хасавюрт районалъул ва шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель Аргъваниса МухIаммадил хIаракаталдалъун, иргадулаб кумек битIана СВОялда ругел нилъер рагъухъабазе. Районалъул имамзабазул советалъул председателас, гьеб лъикIаб ишалда гIахьаллъи гьабунщиназе, ракI-ракIалъулаб баркалаги кьун,...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Рос дихъ гIенеккуларо     Рос дихъ гIенеккуларо. Дица гьесда абула рокъоб цо ремонт гьабизе ккун бугин абун. Байбихьуда гьев рази вугин ккола, амма хадуб щибго гьабуларо. ЦIияб холодильник къваригIун бугин абидалги, босилин абула, амма босуларо. Щиб бугониги жо къачIазе кколин абидал,...


«Шукруялъул мажлис»

Рамазан моцIалъул хIурматалда, Унсоколо районалъул ХъахIабросулъ тIоби-тIана «Шукруялъул мажлис» абун цIар лъураб руччабазул данделъи.   Гьениб лъималаз ри-кIкIана кучIдул, ахIана нашидал, бихьизабуна ясал цадахъ кIал биччазе иналъул ва цоцазул тIалаб гьабиялъул хIакъалъулъ...


Цолъиялъулъ букIуна баракат

Шамил районалъул Гъоркьа Бакълъухъ росдал жамагIатгун дандчIвана ДРялъул муфтиясул заместитель Насрула Абубакаров, миллияб политикаялъул рахъалъ министерствоялъул ва районалъул администрациялъул вакилзаби. Гьениб бицана цоцазе кумек гьабизе, цадахъ рекъон вацлъиялда рукIине ва хасго гьаб рамазан...