Татарстаналда – аварагасул ﷺ асарал
Татарстаналда – аварагасул ﷺ асарал

Дагъистаналда цIунун ругел аварагасул ﷺ цо-цо асарал, дагьал церегIан къоязда рачIана Татарстаналде.
ТIоцересел къояз гьел лъун рукIана Казаналда бугеб «Памятный знак» абураб комплексалда, хадур гьел росана Татарстаналъул «Кул Шариф» абураб аслияб мажгиталде. Маялъул къояз гьел рихьизе рес букIана гьеб республикаялда гIумру гьабун ругезе.
Казаналъул аэропорталде асаразда дандчIвай гьабизе рачIун рукIана власталъул вакилзаби, жамгIиял ва диниял хIаракатчагIи, журналистал.
Выставкаялда церелъун рукIана МухIаммад аварагасул ﷺ, гьесул ﷺ асхIабзабазул, КагIба-рукъалъул ва аварагасул ﷺ Равзаялдаса цо-цо тIагIелал.
Татарстаналъул Раис (бетIер) Рустам Минниханов:

– КIудияб баркала буго Дагъистаналъул хIурматияв муфти АхIмад-афанди ГIабдулаевасе ва гIолохъабазе гьадинаб рохел нижее кьуралъухъ. Гьесул кумекалдалъун нижее рес щвана хирияв МухIаммад ﷺ аварагасул гIумруялде раккизе, гьесул асарал рихьизе.
Ислам цебетIолеб буго Дагъистаналъул муфти сабаблъун, гьединго нижер муфтиясул хIаракаталдалъун. Дагьав цевегIан нижехъе вачIун вукIана тIолабго Россиялъул патриарх Алексий ва гьесги абуна исламги насранияб динги гурони гьабсагIат дунялалда унеб бугеб хиса-басиялде данде чIолеб щибго жо гьечIин абун.
Равил ГIайнудин, Россиялъул муфтиязул советалъул нухмалъулев:

– Гьал асарал рихьизе вачIана кIудияб рахIатхвейгун. Гьанир рихьизе лъун руго дида жеги рихьун рукIинчIел асарал. Дица ракI-ракIалъулаб баркала загьир гьабула Дагъистаналъул муфти АхIмад-афандиясе, гьединго гьел асарал гьанире щвезариялъе квербакъаразе ва гьабсагIат гьел нижеда рихьизарулел ругезе. Гьанире рачIарал гIемерал гIадамазда гъорлъ дида халлъана гIемерал регионаздаса имамзаби. Нижер, ай татаразул байрамалде цIакъ къиматаб сайгъат гьабуна АхIмад-афандияс. Аллагьасда дица гьарула гьелъие сабаблъун ккаралщинал Жиндирго рахIматаздалъун рохизареян.
Камил-хIазрат Самигуллин, Татарстаналъул муфти:

– Дица баркала кьола Дагъистаналъул тIолабго халкъалъе. ТIоцебесеб иргаялда, баркала буго ДРялъул муфти АхIмад-афандиясе. Щибаб заманалда рукIуна кIудияб аманат цIунарал гIадамал. Гьезул букIуна Бичасул аварагасдехун ﷺ кIудияб рокьиги. Къуръаналда буго: «Нужее Аллагь вокьулев ватани нуж аварагасда ﷺ нахърилълъа», - ян. Гьелда бан, нужехъа лъугьунеб батани Аллагьасул амрабазда нахърилълъин, нужее Аллагь вокьулевлъи ккола гьеб. Аллагь дуе вокьулев вугони, аварагасда ﷺ нахъвилълъуна мун. Жакъа гьаб бакIалде ракIарарал асаразе лагълъи гьабизе рачIарал гуро. Гьал руго халкъалъулго хирияв аварагасде ﷺ бугеб гIищкъу загьир гьабизе рачIарал чагIи. ГIемерал гIадамазул гъира буго гьанже аварагасул ﷺ гIумру лъазабизеги. Татаразул ва дагъистаниязул кидаго букIана лъикIаб гьоркьоблъи. Гьадинал тадбираз гьел гьоркьорлъаби жеги щула гьаризе рукIиналда дир ракIчIарабги буго.
Ирада Аюпова, Татарстаналъул культураялъул министр:

– КIудияб баркала буго Дагъистаналдаса гьалмагъзабазе гьал хириял асарал нижеда рихьизе кьураб ресалъухъ. Гьал асарал руго цохIо аварагасда ﷺ хурхарал гурелги, тIолабго бусурбанаб диналъул арканалго баян гьарулеллъун. Гьаб дандеккезабун буго Волгаралъул Болгаралъ ислам къабул гьабураб 21 маялъул тарихалде. Гьеб буго нижер рухIияб рахъалъе кIвар бугеб къо. Бокьараб улкаялъул кьучIлъун ккола дин. Гьадинал выставкабаз диналъул хIуби щула гьабула, халкъалъулъ иман цIикIкIинабула.
Анвар-хIазрат Аблаев, Перм краялъул муфти:

– Аварагасул ﷺ асарал гьанире рачIин Болгар шагьаралъе кIудияб лъугьа-бахъин буго. КIудияб баркала буго Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-хIазрат ГIабдулаевасе, Татарстаналъул бетIер Рустам Миннихановасе, Татарстаналъул муфти Камил-хIазрат Самигулиние ва киналго гIуцIарухъабазе нижер ракIазе нурлъун ругел гьал къиматал асарал гьанире рачIинаруралъухъ. Хасс гьабун гьаризе бокьун буго Дагъистаналъул халкъалъегун муфтиясе талихIгун икъбал, рохелгун баракат.
Фанус Салимгареев, Марий Эл республикаялъул муфти:

– Аварагасул ﷺ асарал рихьизе гIуцIараб выставка Россиялъул бусурбабазе баракат, хIикмат, карамат, мугIжизат буго. Гьадинаб мажлис Болгаралъул ракьалда тIоцебесеб нухалда тIобитIулебги буго. Гьаниб лъугьараб асарги ракI бохараб, гьайбатаб, тIадегIанаб буго. Асарал рихьизе рачIунелъул щивас аварагасде ﷺ рокьи загьир гьабун салават битIула, Гьес ﷺ хIалтIизарурал тIагIелал рихьизе щвей цIакъго-цIакъ асилаб ишги буго.
Дубаялдаса гьобол

– Татарстаналда рукIарал аварагасул ﷺ асарал рихьизе ячIана Дубаялдаса Лубна ХIаж Халид абурай гIаданги. Гьелъ бицана: «Дица баркала кьола Дагъистаналъул муфти АхIмад-афандие гьадинал асарал рихьизе рес кьуралъухъ. Киназего баракатги щваги гьаздаса», - ян.
Ижевскиялдаса бусурбанчIужу

– Чорхол хIал хисана гьал асарал рихьидал. Киданиги ракIалда ккун букIинчIо гьазухъ балагьизе щвелин абун. Дун ячIана Ижевск шагьаралдаса. Ниж цIакъ рохарал руго Казаналде асарал рачIиналдаса. КIудияб баркала буго тIолабго Дагъистаналъе, муфтияталъе.
Анастасия, Пермь шагьаралда бугеб бусурбабазул колледжалъул студентка:

– Аварагасул ﷺ асаразде зиярат гьабизе цебегоялдаса нахъе бокьун букIана. Аллагьасе ﷻ рецц, гьединаб рес дие кьуралъухъ. Дунял-гIаламалъул бищун хириясул ﷺ асаразде балагьизе щвеялдаса кIудияб рохелги щибха букIинеб? Асарал ругеб бакIалде ячIунелъул рекIел кьабгIиги цIикIкIунеб букIана. Асаразда цеесан унаго магIуги кквезе кIвечIо.
Ильсур Хадиуллин, Татарстан республикаялъул лъай кьеялъул ва гIелмуялъул министр:

- Жакъа буго рохалилаб къо. Гьебги ккола татаразул ракьалде ислам бачIаралдаса 1101 сон тIубай. Баркала буго гьеб рохел нижгун гIахьал гьабизе Дагъистаналдаса ва тIолабго Кавказалдаса рачIарал гьалбадериеги.
Жакъа гьаниб бугеб рохалил бицун хIалкIвеларо. КIудияб баркала буго Дагъистаналъул муфтияталъе ва хасго муфти АхIмад-афандиясе гьал асарал гьанире ритIаралъухъ. Нужее талихI, сахлъи ва цебетIей. Татарастаналъул ракьалда кидаго нужеда дандчIвай гьабизе хIадурал руго ниж.
Эльмира Зарипова, Татарстан республикаялъул захIматалъул ва социалияб рахъалъ халкъ цIуниялъул министр:

– Баркала буго Дагъистаналъул халкъалъе ва хасго муфти АхIмад-афандие аварагасул ﷺ асаразда берчIвазе нижее рес кьуралъухъ. Нижее ва гьал асаразухъ балагьизе рачIаразе гьеб ккола кIудияб баракат. Аварагасул ﷺ асаразда цересан унаго берцинаб ва гIажаибаб асарги гьабуна. Аллагьасул ﷻ рахIматал рещтIаги гьаб лъикIаб иш тIобитIиялъе сабаблъун ккаразде.
1000 км нахъа тун

– Ниж рачIана Сибай абураб шагьаралдаса 1000 км нахъа тун. Халатаб манзил бугониги, ниж гьанире щвана. Ниж чIухIарал руго гьал асарал рихьизе рес щвеялдаса. Хьул буго гьал асаразул баракат тIолабго Россиялъего щвелин абураб.
КIочон теларо

– Аллагьасе рецц буго гьадинаб нигIматалъухъ. ХIухьел цIазе кIолареб хIал лъугьана. Кинаб бугониги рагIи абизе захIмалъулеб буго. Киданиги ракIалде ккун букIинчIо гьал асарал рихьизе рес щвелин абун ва гьединго гьалъул баракат ракIалда хъатIилин. Дица ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ щукру гьабула. Аллагьасе ﷻ киназего Алжан насиб гьабеги.
Фатима Гукуни Веддей, Чад республикаялъул транспорталъул, нухазда хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул рахъалъ министр:

- Дун Казаналде ячIун йикIана «Россия – Исламияб дунял» абураб халкъазда гьоркьосеб экономикаялъулаб форумалда гIахьаллъизе. Гьеб форум сабаблъун ккана Казаналъул ва исламалъул берцинлъаби дида рихьиялъеги. Цебе телевизоралдасан гурони бихьизе рес букIинчIебги бихьана. Масала, МухIаммад аварагасул ﷺ рукIарал цо-цо жал рихьана, гьесул ﷺ рас бихьана. Дун кутакалда йохарай йиго бусурбанайлъун ятиялдаса. Аллагьасе ﷻ буго кинабго реццги. Исламияб диналъ нилъ ахIула цогидал диназдехунги берцинго ва рекъон рукIиналде. Гьаб кинабго кьурав Аллагь ﷻ вуго, гьелдаги дица щукру гьабула.
Талип-хIазрат Яруллин, Самара областалъул муфти:

– Жакъа нижее рес щвана аварагасул ﷺ къиматаб рас, Гьес ﷺ хIалтIизарурал берцинал тIагIелал, Хириясул яс ПатIиматил кверзул гьобо, асхIабзабазул асарал рихьизе. Авараг ﷺ вихьарал, Гьес ﷺ хIалтIизарурал алатазул баракат букIунелъул, хьул буго гьанире рачIиналъул хIасилалда нижее киназего гIемерал соназ тIаса унареб баракат щвеялде. КIудияб баркала буго гьал асарал гьанире щвезаруразеги.
МухIаммад РахIимов, Ставрополь краялъул муфти:

– Жакъа асаразухъ ралагьун рукIаго нахъеги нилъ гIагарлъулел руго хирияв авараггун ﷺ ва квалквадулел руго тарихияб хIужаялда. Цо-цояз абула нужеца батIи-батIиял жалазе гIибадат гьабулеб бугин абун. Гуро, ниж батIи-батIиял жалазе гIибадат гьабулел гьечIо, гьал руго нижер аварагасул ﷺ асарал, нижеца гьел кIодоги гьарулел руго. ГIибадат гьаби ва хIурмат гьаби абураб калимаялъ батIи-батIияб магIна кьола.






