Аслияб гьумералде

Аллагьасул ﷻ гьалбал

Аллагьасул ﷻ гьалбал

Аллагьасул ﷻ гьалбал

Пуланаб къоялъ асхIабзабигун гIодовчIун Авараг ﷺ вукIаго, гьениве вачIана цо чи ва Аварагасда ﷺ цIехана исламалъул, иманалъул ва ихIсаналъул хIакъалъулъ. Кьурал суалазе жаваб щведал, гьев нахъе ана. Цинги Аварагас ﷺ асхIабзабазда гьикъана гьадав чи щив вукIаравали лъалищ нужедайилан абун.  Лъаларилан жаваб кьедал, Аварагас ﷺ абуна гьев ЖабрагIил малаик вукIанин нужеда дин малъизе вачIаравилан абун.

 

ЖабрагIил малаикас исламалъул бицеян абидал, Аварагас ﷺ абуна: «Шагьадат битIи, как бай, кIал кквей, закагIат бахъи ва рес рекъарав чияс хIеж борхи», - ян. Халгьабе, хIеж борхейин абун течIо Аварагас ﷺ. Рес рекъаниян тIадеги жубана. Рес рекъейги кIиго рахъалда бараб буго, ай сахлъиялда ва боцIи-малалда. Сахлъиги букIун, рес гьечIев чи хIежалда инчIони, мунагьалде кколаро, амма ресги букIун сахлъи гьечIони ва гьес цогидав чи жиндасаго хIеж борхизеги витIичIони, гьеб мехалда ккола мунагьалде. 

Хирияв Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Ресги букIун хIежалде инчIев чиясул хIинкъи буго купруялда хвезе», - абун.

ХIежги, какго гIадин, Аллагьас ﷻ нилъеда тIадкъараб парз ккола, амма батIиял шартIал жиндир ругел.

Аварагасул ﷺ асхIаб ГIамр ибн ГIас, холеб гIужалда, цIакъ гIемер гIодулев вукIана. АскIор рукIарал асхIабзабаз цIехедал, гьес бицана: «Ислам босизе Аварагасухъе ﷺ дун вачIиндал дица абуна ислам къабул гьабизелъун цо шартI бугин дирилан абун. Щиб шартIилан Аварагас ﷺ цIехедал, ГIамрица абуна: «Дица ислам босидал, Аллагьас ﷻ киналго мунагьал чури шартI буго дир», - илан. Цинги Аварагас ﷺ жаваб гьабуна: «Ле, ГIамр, дуда лъаларищ ислам къабул гьабидал цере арал мунагьал, кигIан чIахIиял гьел ратаниги, чурулеллъи? Гьединго Аллагьасе гIоло гьижра гьабурасулги ва хIеж борхарасулги цере арал киналго мунагьал чурула», - ян.

Жакъа нилъеца щукру гьабизе ккола бусурбаналлъун ратиялъухъ. Гьелдаго цадахъ Аварагас ﷺ ва асхIабзабаз гIадин гьижраги гьабизе кколеб гьечIо. Гьижра гьаби цIакъ захIматаб жо буго. Нилъго гIураб ватIанги тун, Аллагьасе ﷻ гIоло, дин тIибитIизабизе рахъ-рахъалде ине лъицаниги хIал гьабулеб гьечIо. Бокьухъе, сваказегIан дин гьабизе ресги буго. Гьелъухъги щукру гьабизе ккола. Киналго мунагьал чурун рацIцIалъизе бокьани хIежалде айилан малъунги буго хирияв Аварагас ﷺ.  ГIарацги кодоб букIун, гьеб Аллагьасул ﷻ нухда харж гьабун, киналго мунагьаздаса вацIцIалъизе бокьилищин гьикъани, цонигияс инкар гьабиларин ккола.

Нилъер умумузул заманалда хIеж гьабизе ресал рукIинчIо. Нухал рагьун хадубги цоял лъелго, цогидал рекIун, гIемераб гIакъубаги бихьун унаан хIежалде. Жакъайин абуни, чанго сагIаталдасан Аварагасул ﷺ шагьаралде щвезе рес буго. Рес гьечIин нилъеца абуниги, санагIалъи гьабуни, ай хIажат гьечIелъубе кьолеб гIарац, хIеж борхизелъун ниятги гьабун, данде рехани, щаклъи гьечIого ТIадегIанав Аллагьас ﷻ квербакъула. ГIажаибаб жо, хIежалда хвезабураб боцIи-мал, тIадруссун щведал, Аллагьас ﷻ жеги цIикIкIун кьола.

Хирияв Аварагас ﷺ абуна: «ХIеж ва гIумра гьабулел Аллагьасул гьалбал руго. Гьез гьарараб Аллагьас гьезие кьола, гьезул дугIаялъе жаваб гьабула ва гьез хвезабурабги нахъбуссинабула», - ян.

ГIабдуллагь ибн Мубаракил ккараб къисаги бицинин. Гьев вукIана ресалда вугев чи. Гьесул 400 азарго динар букIанинги абула. Гъоб заманалда гьеб букIана гIемераб гIарац. Цо динаралъухъ лъабго гIиялъажо щолеб букIун буго. Гьесул гIадат букIун буго цо соналъ Аллагьасул ﷻ нухда гъазаваталда гIахьаллъулев ва цогидаб соналъ хIеж борхулеб. КигIан бечедав вугониги, дунялалъул щибго пикруги гьабулеб букIун гьечIо. Гьес абулаанила: «Унго-унгояв гIалимчиясул дунялалдехун бугеб рокьи ракIалда хъатIизе бегьуларо», - ян.

Цо нухалъ хIежалде унаго, гьесда йихьула чIужугIадан балканалдаса гьан тIолей. Ибну Мубаракас гьей кантIизаюн абула, балкан кванилъ хIалтIизабизе бегьуларин. Гьелъги абула, жидее гьеб хIалалаб бугин, лъималазе кьезецин квен гьечIолъиялда бан. Цинги ГIабдуллагьица нухда хвезабизе чара гьечIого хIажатабги тун, хутIараб гIарац гьелъие кьолава хIежги борхичIого нахъвуссуна. Амма хIежги борхун рачIарал гIадамал гьесухъеги рачIуна хIеж къабул гьабегиян гьара-рахьи гьабизе. ГIабдуллагьица гьезда абула исана хIеж борхизе ине санагIалъи ккечIилан. ГIажаиблъун гьез абула: «Нижеда мун ГIарафа магIардаги, КагIбаялда аскIовги, Минаялдаги вихьанагури», - ян. Гьез бицаралъ ГIабдуллагь ибн Мубарак цIакъ гIажаиблъун хутIула. Дагьаб заманалдаса макьилъ Авараг ﷺ вихьула гьесда ва абула: «Ле, ГIабдуллагь, щай мун гIажаиблъулев? Къварилъуде ккаразе дуца кумек гьабидал, дица Аллагьасда ﷻ гьарана дуда релълъарав малаик гьавеян дудасан хIеж борхизе», - илан.

 

ГIали СултIанов, «ГIумарил» цIаралда Хасавюрталда бугеб мажгиталъул имам

2026-05-15 (ЗулкъагIида 1447 с.) №10.


Нухлул къанунал цIуни

Кинал ругониги балагьал рачIиндал нилъеца цоцазе кумек гьабула. Гьеб буго тIабигIияб жоги. Амма буго щибаб къойил кколеб балагь, нилъги жинде ругьунлъараб. Гьебги ккола нухазда кколел авариял. 2026 соналъул лъабго моцIида жаниб ккана 357 авария, хвана 61 чи, лъукъана 510-яв, гьезда гьоркьор руго...


«Инсан» фондалъул лъазаби

«Инсан» фондалъ байбихьун буго Маккаялда къварилъиялда ругел гӀадамазе садакъаде бикьизе къурбан хъвезе бокьаразул гӀарзаби къабул гьаризе. Фондалъ тӀубазабизе бугин тӀолабго иш: къурбаналъе хъвезе хӀайван боси, шаргӀалъул къануназда рекъон гӀид тӀубай ва Маккаялда къварилъиялда ругезе...


ХIарамалъул ракь

Макка-Мадинаялъул хиралъилъун нилъее гIела, жиндие гIоло кинабго махлукъат бижарав Авараг ﷺ тIад хьвадараб, гьев вукъараб ракьлъун букIин.   Нилъеда бихьулеб буго жакъасеб къоялъги ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Макка-Мадинаялъул агьлу хьихьун бугеб куцги, гьениб гьанжелъизегIан цIунун бугеб...


ГIарафа магIарда чIей

ГIарафа магIарда чIей хIежалъул бищун кIвар бугеб рукнулъун ккола, щайгурелъул, гьеб къо къалъаралдаса хадусеб къоялъул рогьел баккизегIан гьенив цо лахIзаталъгIаги чIечIев чиясул хIеж рикIкIунгутIиялъе гIоло. Цогидал рукнабазе цIараб хасаб заман гьечIо.   ГIарафа мегIер ва ГIарафа къо буго...


Нужее баяналъе

ГIумар-асхIаб кин чIварав? – Рогьалил как балаго чIвана. Абубакарил ясазул бищун гIелму бугей щий йикIарай? – ГIаишат. Аварагасул чIужу ХIафсатица чан сон бараб? – 69 сон. Суратул «Намлаялда» цоги щиб цIар абулеб? – Суратул...