Аслияб гьумералде

РекIелъ букIунеб

РекIелъ букIунеб

РекIелъ букIунеб

Бусурбанчияс жиндирго хасият-гIамал берцин гьабизе ккола. Аллагьасдаса хIинкъи буго бищун лъикIаб зад инсанас цадахъ босулеб. ТIадегIанав Аллагьасги ﷻ абидал, Гьесдаса хIинкъи (такъва) бищун лъикIаб задлъун бугин.

 

Къуръаналда буго (магIна): «…Бищун лъикIаб зад Аллагьасукьа хIинкъи буго», - ян (сура «Ал-Бакъара», аят 197). Абу Зар Гъифарияс бицана Аварагас ﷺ абунин: «Аллагьасукьа хIинкъа кив вугониги, квешалда хадуб лъикIаб гIамал хадуб гъезабе, жинцаги квешаб бацIцIунеб, лъикIаб тIабигIат кквей гIадамазда гъорлъ вукIаго» (имам ХIаким).

Аварагас ﷺ Абу Зарие гьабураб насихIат цохIо гьесие хасаблъун гьечIо, киназего гIаммаблъун буго. Гьаб насихIаталъ нилъее кумек гьабула лъикIал гIамалал цIикIкIинаризе ва квешал дагь гьаризе. Гьединго Аварагас ﷺ гьеб насихIаталда жаниб нилъеда бичIчIизабулеб буго такъваялъул магIна ва мурад.

Инсан мекъи кколевлъун вижун вуго. Мунагь-хатIаъ ккечIогоги букIунаро ва гьелъ цIала квешал пишаби гьариялде. Гьединлъидал ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гурхIун, рахIму гьабун, нигIмат кьун чурулел руго квешал гIамалал нилъеца гьелдаго хадуб жигар бахъани лъикIал гIамалал гьаризе. Гьеб Аллагьасул ﷻ нигIмат кколарищ? ХIакъикъаталда нилъеца квешал гIамалалги гьарун, гьелдаго хадуб лъикIал гьаризе ва Аллагьасда ﷻ тIаса лъугьаян гьаризе кIочон тун батула. Цин квешаб гьабе ва гьелдаго хадуб лъикIабги гьабеян абураб магIна гуро гьелъул. Гьелъул магIна буго, нагагьлъун квешаб гьабун борчIани, лъикIаб гIамал гьабизе кIочон тогеян абураб.

Къуръаналда Аллагьас ﷻ абуна (магIна): «Жинца Аллагьасул ﷻ шаргIалъул гIурхъаби кIодо гьари руго ракIазулъ бугеб такъваялдаса» (сура «ал-ХIаж», аят 32).

Нужеца пикру гьабе щай Аллагьас такъва ракIалда хурхинабурабали. Аварагасги ﷺ, ракIалде лъабго нухалъ ишараги гьабун, бихьизабун букIана такъва гьениб букIунеблъун бугин.

 

ГIали МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...