Аслияб гьумералде

Ункъабго рахъалдехун 40 рукъ

Ункъабго рахъалдехун 40 рукъ

Ункъабго рахъалдехун 40 рукъ

Исламалда гIемер руго цоцадехун цIунизе кколел хIукъукъул ва адабал. Имам Гъазалияс хъвалеб буго: «Мадугьаллъи буго лъабго батIияб тайпаялъул. Цо тайпа - мадугьаллъиялъул хIакъ бугев, ай мадугьаллъун ккун вукIиналъ. Цоги тайпа - мадугьаллъиялъул ва бусурбанав вукIиналъул кIиго хIакъ жинда тIалъарав ва лъабабилеб тайпа - мадугьаллъиялъул, бусурбанав ва гIагарав вукIиналъул хIакъал цоцада хурхарав», - абун.

 

Аллагьасе ﷻ рецц гьабизе ккараб жо буго жакъа бацIцIадаб иманги, исламги, ихIсанги Дагъистаналда букIиналъухъ. Амма гIемерал миллатал рукIиналъ берцинаб гьоркьоблъи цIунизе дагьабго захIмалъулеб буго. Гьебги хIисабалде босун, тIабигIат берцин гьабиялъул мурадалда, ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афандияс хъван буго «ЛъикIал тIабигIатазул ах» абураб тIехь. Гьеб тIехь цIаличIого ва гьелда гIамал гьабичIого тезего бегьуларо.

 

 

 

 

Хирияв Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Мадугьалгун лъикI вукIа. Цинги вукIина мун бусурбанчилъун», - илан.

Цогидаб хIадисалда буго: «Къиямасеб къоялде иман лъурас мадугьал кIодо гьаве», - ян. Аварагасул ﷺ заманалда гъазаваталде бусурбаби рахъинарулеб мехалда, мунагь-хатIаъ гьечIел тIаса рищулаго, цояс абун буго жив мадугьаласул къеде кIущун вукIанин абун. Гьеб сабаблъун Аварагас ﷺ гьев гъазаваталде виччачIо.

Къиямасеб къоялъ цоцада данде рахъине ругел дагIбадулалги мадугьалзаби руго. ШаргIалъ рихьизарурал хIукъукъал жидеца тIурангутIиялъ.

Цо къоялъ ибну МасгIудиде аскIове цо чи вачIуна ва абуна: «Дир вуго мадугьал хьандон, семун, вагъун цIакъ дие зарал гьабулев», - илан. Ибну МасгIудица жаваб гьабула: «Гьев Аллагьасде ﷻ гIасилъулев вуго, кинниги мун Аллагьасе ﷻ гIололъун сабруялда чIа», - ян.

 

 

 

 

Аварагасда ﷺ абула: «Цо чIужугIадан йиго къад къоялъ кIалал кколей, къаси рогьинегIан гIибадаталдаги йикIуней, амма мадугьалзабазе зарал гьабулей», - илан. Аварагас ﷺ абула: «Гьей гIадан жужахIалъуй йиго», - ян.

Мадугьаласдасан зигардун Аварагасухъ ﷺ цо чи вачIиндал, гьес ﷺ абула: «Дуца сабру гьабе», - ян. Цинги гьоркьоб заман индал жеги вачIуна гьевго чи, гьебго хабаргун. Аварагас ﷺ гьебго жавабги кьун, нахъвуссинавула. Лъабабизеги, ункъабизеги вачIуна. Цинги Аварагас ﷺ гьесда малъана: «Дурго къайи-матахIги нухде бан, гочунев чи гIадин чIа», - ян. Аварагас ﷺ малъухъе, рокъове щведал кинабго къайи нухде бала гьес. Цинги аскIосан унел гIадамаз цIехедал, гьезда бицуна мадугьаласул зарал цIикIкIун гьаб хIалалде кканин живилан абун. Гьениса унез дов квешав мадугьаласе нагIана кьезе байбихьула. КъватIиб букIараб ахIи-хIуралъухъе тIаде щварав квешав мадугьаласда рагIула гIадамаз жиндие нагIана кьолеб. Гьеб мехалда гьев кантIула ва мадугьаласда аскIовеги вачIуна абула: «Мун дида тIаса лъугьа, дурго къайиги букIаралъубе босе. Аллагьасдалъун гьедулев вуго, тIокIаб зарал дуе гьабизе гьечIо», - ян.

Мадугьалзаби щалин кколел абун Аварагасда ﷺ цIехедал, ункъабго рахъалдехун ишараги гьабун, 40 рукъилан абуна.

 

МухIаммад ХIусенов, РахатIа росдал имам

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


Дир гьитIинабго насихIат

Нилъер жаниса рахъ дабагъ лъугьиндал, Хвел-хобалъул хIисаб дарулъун ккола. Дуниял течIого хун унел чагIаз, ГIемераб гъапуллъи нахъе хъамула.   ХъантIун тIагIаталъе цере кколеца, Каранда нилъер ракI хIалтIизабула. Гьунар гьезул гIадин гIечIонаниги, Нилъерго кIарчанлъи...


Дагъистаналъул ГIалимзабазул совет

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана ГӀалимзабазул советалъул президиумалъул данделъи. Гьелда гӀахьаллъана ДРялъул муфтияталъул председатель Мурад ИсмагӀилов ва республикаялъул округазда ругел муфтияталъул вакилзаби. Данделъи рагьана ГӀалим-забазул советалъул председателасул ишал тIуралев КъахIиса...


Шагьидзаби кIочон гьечIо

1935 соналъ ЧIикIаса Ацал ГIабдурахIманил хъизаналда гьавуна вас СагIид. Гьеб букIана ШагIбан бащалъараб Барааталъул сордо. Гьеб сордоялъ лъабго нухалъ хирияб "Ясенги" цIалун, ГIабдурахIаманица Аллагьасда гьарана жиндир вас гIалимчи вахъагиян. ТIадегIанав Аллагьас инсул дугIаялъе жаваб гьабуна....


Дагъистаналъул муфтияталъул вакилзаби щвана Беларусиялде

Беларусиялъул муфти Абубекир Шабановичасухъе гьоболлъухъе щвана Дагъистан Республикаялъул муфтияталъул делегация. Гьелъие нухмалъи гьабуна регионал церетӀезариялъул департаменталъул начальник АхӀмад Надирбеговас. Гьединго делегациялда гьоркьор рукӀана ДРялъул муфтияталъул пресс-хъулухъалъул...


Аллагьасул ﷻ аманат

ГIемерисел руччабаз хIаракат бахъула хIалакълъизелъун черхалъе гIакъуба кьезе. Гьеб гуро жакъасеб «унтиги», гьедин букIана гIасрабаз цебеги.   МухӀаммад Аварагасул ﷺ суннаталъ нилъеда малъула черхалъулги рухӀалъулги хIал лъикIлъизабиялъе рекъон кколел сабабал. Суннатги ккола...