Аслияб гьумералде

ХIалбихьи

ХIалбихьи

Щивав чиясул гIумру буго хIалбихьиязул цIураб сапар. Гьаруралдаса нахъе хвезегIан нилъеца хIехьола батIи-батIиял захIмалъаби, гьелдаса хвасарлъуларо нилъер цонигияв.

 

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда якъинго абун буго (магIна): «Дица нужер хIалбихьи гьабила, я муъминзаби, дагьабго жоялдалъун: хIинкъизарун, ракъизарун, къечезарун, боцIи тIаса ине гьабун, нужее вокьарав хвезавун, нужер пихъал дагь гьарун. Гьаб хIалбихьи гьабидал жидеца сабру гьабуразе дуца рохел бице, МухIаммад ﷺ, ахираталда кири  ва алжан букIине бугинги абун», - ян. (Суратул «Бакъарат», аят 155)

Гьеб аяталъ ракIалде щвезабулеб буго муъминчиясул нух къанагIат гурони парахатаб букIунареблъи. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ лагъзадерил хIалбихьула гьезул иман щулалъизе, мунагьаздаса рацIцIалъизе, гьел тIадегIан гьаризе.

ХIалбихьиялги батIи-батIиял рукIуна: унтудалъун, гIарцул захIмалъиялдалъун, камиялдалъун, дагIба-рагIиялдалъун. Амма гьезда гьоркьоса бищунго захIматабцин тамихI гуреб, Аллагьасде ﷻ гIагарлъизе рес кьей ккола. Аварагас ﷺ абуна: «ЦIа-каналъе нагIана кьоге, гьелъ Адамил васасул мунагьал рацIцIад гьарула, перелоялъ махх хъубал жалаздаса бацIцIад гьабулеб гIадин», - ян (Бухари). Унти, мискинлъи, гIазаб-гIакъуба - гьел ккола мунагьаздаса рацIцIалъи ва гурхIел. Цо хIикмалъи гьечIого Аллагьас ﷻ хIалбихьиял ритIуларо. Гьесда ﷻ лъала лъие ва кигIан кьезе кколебали.

ХIадисалда буго: «Цо пуланав чиясе лъикIлъи гьабизе бокьидал Аллагьас ﷻ гьесул хIалбихьула», - ян (Тирмизи). Муъминчиясде балагь-къварилъи лъачIого бачIараблъун рикIкIунаро. Гьесда лъала лъугьунебщинаб Аллагьасул ﷻ амруялдалъун букIунеблъи, щибаб хIалбихьиялда нахъа хIикмат букIин.

Сабру кколаро гIицIго сихIкъотIун чIей, гьеб ккола жанисеб парахалъи ва Аллагьасул ﷻ хIукму къабул гьаби. Аварагас ﷺ абун буго: «ХIакъикъияб сабру балагь рещтIараб лахIзаталъ букIуна», - ян (Бухари, Муслим). Нилъеде балагь бачIараб мехалъ, гIумруялда яги гIадамазда гIайиб чIвазе бегьуларо. Нилъ руссине ккола Аллагьасде - зикругун ва дугIагун. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абуна (магIна): «Аллагь ﷻ рехсеялдалъун ракIазе парахалъи щола», - ян («Ар-РагIд» сурат, 28 аят). Зикруялъ ракIалъе парахалъи кьола, дугIаялъ хьул цIигьабула. Инсанасе захIмалъи ккараб мехалъ, бищун ракIчIараб дару буго Аллагь ﷻ рехсей.

Цо-цо мехалъ балагьал рачIуна инсан ворчIизавизелъун, кIочон тараб тавбу ракIалде щвезабизелъун. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абулеб буго (магIна): «Дунялалъул рокъоб нужеде щолеб цо-цо къварилъи буго нужерго гIамалал сабаблъун бугеб. ГIемерисеб нужер мунагь Аллагьас ﷻ тIаса лъугьунги тола», - ян (сурату «Аш-Шура», аят 30). ТалихIкъосин ккедал, гIарз гьабичIого, нилъехъго халгьабизе, гIамалал ритIизаризе, тавбу цIигьабизе ккола. ХIасил-калам, тавбуялъул нуцIа кидаго рагьун буго.

Киналго аварагзабаз хIехьана бищунго захIматал къварилъаби. Аюб аварагасул боцIи-малалдалъун, лъималаздалъун, сахлъиялдалъун хIалбихьана, амма Аллагьасе ﷻ рецц гьаби гьес киданиги течIо. НухI аварагас анцI-анцI соназ хIехьана жиндирго халкъалъ хIакъир гьави.

Нилъер хирияв МухIаммад аварагас ﷺ хIехьана гIемераб гIакъуба. Гьесул лъади Хадижат ва имгIал Абу ТIалиб цо соналъ хвана ва «къварилъиялъул сон» абун цIар тана гьеб соналда. Хадур гьесул лъималги хвана. Жиндирго вас Ибрагьим хведал Авараг ﷺ гIодана, цинги цо асхIабас гьикъана: «Я Аллагьасул Расул, мун гIодулевищ вугев?» - ян. Гьес жаваб кьуна: «Бераздаса магIу чвахулеб буго, ракI пашманлъулеб буго, амма нижеца Аллагь разияб гурони бицунаро», - ян.

Къурайшияз гьев инжит гьавуна, как балеб мехалъ тIаде чороклъи рехана, тIад релъанхъана, амма малаикас гьел тIагIинаризе гIакълу кьураб мехалъ, Аварагас ﷺ абуна: «Дир хьул буго Аллагьас ﷻ гьезул наслуялдаса Гьесие ﷻ лагълъи гьабулел чагIи рижизаризе рукIиналда», - ян.

Гьесие камуна бищунго лъикIал гьалмагъзаби - ХIамза, ЖагIфар ва Зайд. Хвелалдего Аварагас ﷺ хIехьана хIалуцараб унти ва абуна: «ХIакълъунго, хвалил жиндирго гIазаб букIуна», - ян. Аллагьасдасан ﷻ бугеб тIаса бищана.

АсхIабзабаз гьикъана: «Бищунго Аллагьас лъил хIалбихьулеб?» - абун.  Аварагас ﷺ жаваб кьуна: «Аварагзабазул, хадуб гьезде гIагарал чагIазул», - ян. (АхIмад)

ХIалбихьиялда вугин абураб жо гуро инсан мунагьазул цIурав вугин абураб. Цо-цо мехалъ, гьелъул гIаксалда, Аллагьас ﷻ тIаса вищиялъул ва вокьиялъул гIаламатлъун ккола гьеб.

ХIалбихьиял ккола рацIцIалъиялде ва борхалъиялде нух. Бищунго кIвар бугеб жо ккола, щиб ккелебали гуреб, гьеб кин хIехьолебали балагьи. Мун Аллагьасдаса ﷻ рази вугони, Гьес дуе кьела къуватги, рацIцIалъиги, рикIкIен гьечIел хиралъабиги. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «ХIакълъунго, сабру гьабуразе роцен гьечIеб кири щвезе буго», - ян («Аз-Зумар» сурат, 10 аят).

Аллагьас сабру кьеги, иман щула гьабеги, нилъги, нилъер хъизамалги, республикаги къварилъабаздаса, гъалмагъираздаса цIунаги. МухIаммад аварагасдехун ﷺ рокьиялъ нилъер ракIалги цIезарун, сабру, щукру гьабулездасан гьареги нилъ.

 

ШагIбан Рамазанов, МахIачхъалаялда аслияб мажгиталъул имамасул кумекчи

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Жиндаго тIад хIалтIи

Нилъеца гьарулел гIамалал ритIарал ругищали яги чиядехун гьабулеб гIамалалъулъ тохлъи биччалищали пикруго гьабулищ нилъеца? Мекъи рукIин лъалищ, къабул гьабулищ, гьеб битIизабизе хIаракат бахъулищ?   Гьайгьай, гьелъул пикру гьабизе ккела. Лъазе ккола аварагзаби хутIизегIан, гунгутIабаздаса...


Учительзабиги кIочон течIо

Хъайтагъ районалда тӀобитӀана РабигIул аввал моцӀалъе сайгъат гьабураб гӀелмияб мажлис. Гьелда гӀахьаллъана районалъул бетӀер ХӀасанов Запир; районалъул имамзабазул советалъул председатель - Салимов ГӀабдулла; Югалъулаб территориалияб округалда Дагъистан Республикаялъул муфтияталъул вакил Рамазанов...


Ахиралде щвана

Баракатаб РабигӀул аввал моцӀ ахиралде щвана. Гьаб моцӀги Авараг ﷺ гьавураб къоги, цогидал моцӀал гӀадин нилъеца тӀобитӀичIо. Цогидаб заманалде ккун гьаб моцIалъ чияс дагьаб бугониги цӀалун батани Аварагасул ﷺ хӀакъалъулъ, абизе бегьула гьес хайир босанин.   ГӀумруялъ гьесул хӀакъалъулъ цӀаланиги...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

Сапар буго инсанасул гIумруялъул цо бутIа. Муъминзабазе гьеб ккола Аварагасдаса ﷺ мисал босун ТIадегIанав БетIергьанасде ﷻ гIагарлъизе рес щвейги. Нилъер Аварагас ﷺ нухда кинаб хьвада-чIвади букIине кколебали малъа-хъваял гьари гуребги, жиндирго мисалалдалъунги бихьизабуна сапаралда ругелъул...


ГIажаибаб мугIжизат

Къуръан ккола жибго бищун кIудияб мугIжизат. Ва щибаб нухалъ гьеб лъазабидал гIажаиблъизеги гьарула. Гьелда жаниб географиялъулги хIикматал руго.   Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна: وَهُوَ الَّذِي خَلَقَ اللَّيْلَ وَالنَّهَارَ وَالشَّمْسَ وَالْقَمَرَ كُلٌّ فِي فَلَكٍ يَسْبَحُون   МагIна:...