Аслияб гьумералде

Пикру гьабизе рекъола

Пикру гьабизе рекъола

Пикру гьабизе рекъола

Инсанасул роцен, Аллагьасда ﷻ цебеги, Къиямасеб къоялъги, рухI бахъулеб мехалъги иманалда хурхун, гьелда рекъон букIуна. Аллагьасдаги ﷻ, Къиямасеб къоялдаги, Алжан-жужахIалдаги иман лъолев, ахираталдеги жив хIадурулев, жужахIалъувеги ккезе бокьичIев, гIумру хехго боржун унеб букIинги лъалев чилъун рикIкIуна нилъер щивас живго.

 

Гьединавлъун вукIаго нилъер гьабулеб гIамал цебетIезелъун имам Гъазалияс хъван буго, инсанас жиндаго тIад гьаризе кколел хIалтIабазул. Гьеб кинабго букIуна нилъерго гIамалалъул хIисаб-суал гьабиялдалъун.

Хирияв Аварагас ﷺ абун буго: «Нужерго гIамалазул хIисаб гьабе Аллагьасда ﷻ церечIун хIисаб-суал гьабулеб къо тIаде бачIиналде», - ян. ТIадегIанав Аллагьасги ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Нужеда лъан букIа, ТIадегIанав Аллагь ﷻ нужер рекIел хиялал лъалев вукIин ва Гьесул ﷻ ццим бахъинабулеб жо гьабиялдаса рикIкIалъе», - ян. (Суратул «Бакъарат», аят 235)

Аллагьасда ﷻ церечIолеб къоялде гьанибго хIадурлъи гьабизе ккола. Чорхолъ рухI букIаго, щибаб лахIзаталда, пикруялда, гьабулеб гIамалалда хадуб халкколеб бугони, Къиямасеб къоялъ хIисаб-суал гьабулаго хIасратлъи, чаракъотIи дагь букIунин хъван буго имам Гъазалияс. Амма хIисаб-суал гьабичIого, напсалъе бокьухъе гIумру тIамурав чиясда хIасратлъиги, чаракъотIиги, ракIбухIиги Къиямасеб къоялъ гIемер батула.

Имам Гъазалияс тартибалда рехсолел руго чанго пишаби, инсанас тIадчIей гьабиялдалъун Аллагьасул ﷻ разилъи щолеб. Инсанасул къаркъала цебе бачунеб жо гIакълуги напсги буго. ГIакълуги ккола хIакъикъаталда инсанасда лъай шаргIалда жо борцине. Напсги ккола кIиго жоялдалъун жиб багъарулеб, нилъеда жаниб бугеб чорхол хIал: шагьват ва ццим.

ГIакълуялъулги напсалъулги мисал буго чанахъанасул мисал. Чода рекIарав чанахъан - гьеб гIакълу буго. ТIад рекIараб чуги гьвеги - шагьват ва ццим буго. Чанахъанасе чан щвезе ккани, бачаралъубе чуги билълъине ккола ва гьоялъги абураб гьабизе ккола. Бокьаралъубе гурони чу унеб гьечIони, жиндиего бокьараб гурони гьвеялъги гьабулеб гьечIони, гьесие чан щоларебго гIадин, бокьухъе шагьватги ццимги тани, Аллагьасул ﷻ разилъи щоларо. Алжанги буго Аллагь ﷻ жинда разиял лагъзал жанир рукIунеб бакI. Инсан ахираталда хвасарлъизе ккани, мурадлъун ккана Аллагьасул ﷻ шаргIалда борцине лъалеб ялъуни Аллагьасул ﷻ шаргIалда рекъон борцине лъалезда нахъбилълъунеб гIакълу букIин ва гьелъ бачухъе билълъунеб напсги букIин.

Гьединлъидал тIоцебе инсанасул гIакълуялъ напсалъе шартI лъезе ккола, ахираталда хвасарлъизе бокьани, шаргIалда нахъбилълъун гьабейин, гурони цоги нух дуе гьечIин абун. Цинги халгьабила напсалъ малъараб гьабулеб бугищали. Къоялъ гьабураб гIамал хъван, гьезулъ Аллагь ﷻ разиял ва Гьесул ццим бахъинабулел гIамалал кин ругелали хIисаб гьабила. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Щибаб напсалъ пикру гьабизе ккола ахираталда батулеб щиб гIамалдай гьабун бугебин абун». (Суратул «ХIашр», аят 18)

ШартI лъун, хIисаб гьабун хадуб напс мутIигIлъулеб гьечIеблъи халлъидал, гьелъие гIакъуба кьела. Масала, хIарамаб жо кванан батани, халатаб заманалъ квен кьечIого бакъизабила. Гьелдаго цадахъ яхI бахъила хаду-хадубги нилъер напсалъ Аллагьасул ﷻ шаргI кквезе букIине. Гьединлъидал инсан вукIине ккола кидаго жиндаго хадуб халкколевлъун.

Мансур ибн ГIаммарин абурав гIалимчияс, Куфаялда вукIаго, цо гIабидасул, ай кидаго гIибадат-гIамалде вуссун вукIунев чиясул дугIа рехсолеб буго: «Я БетIергьан Аллагь ﷻ, ТIадегIанав Аллагь ﷻ, дун Дуде ﷻ гIемер гIасилъана. ГIемерал мунагьалги дица гьаруна. Амма дир мунагьал гьариги гIасилъиги Дуца ﷻ тIадкъараб жоялде разилъунгутIиялдалъун, Дуца ﷻ гьабулеб жо мекъаб бугилан абун букIинчIо. Дуда ﷻ дун вихьулев вукIин лъаниги, Мун ﷻ дихъ валагьун вукIин лъаниги, Мун ﷻ сан гьавичIого гьабураб букIинчIо. Дирго жагьиллъиялъ, рагIа-ракьанде щвараб иман гьечIолъиялъ, дунялалдехун букIараб рокьи-къасдалъ бецц гьавун ккана. РакI-ракIалъ тIаса лъугьаян гьарулеб буго, БетIергьан Аллагь ﷻ. Гьадин гьарулагоги кутакалда нечолев вуго. Кинав лагъ дунго вугевали лъалеб букIаго, тавбу гьабун, духъе кIанцIулев вуго. Чанго мунагь буго Дуда ﷻ тIаса лъугьаянги абун, хадубги дун гьелдего тIадвуссараб. Гьелдасаги дун нечон вуго», - ян.

Гьаб дугIа жакъа щивав чияс гьабизе ккела. Киназего кьеги тавпикъ Аллагь ﷻ разияб гIамал гьабун, Гьев ﷻ разияб хIалалда хьвадизе.

 

МухIаммад ГIабдулхаликъов, Хунзахъ росдал имам

 

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Египеталде сапар

Египеталде сапаралъ араб Дагъистаналдаса делегация дандчӀвана Вакъфазул рахъалъ министр Усама ал-Азгьаригун. Дагъистаналъул делегациялда гъорлъ рукӀана: ДРялъул диниял суалазул ва миллияб политикаялъул министрасул заместитель ТӀагьир Сутаев, министрасул кумекчи ГӀабдулбасир Абакаров, ДРялъул...


Берцинлъи гьаби

Инсанас ретIулеб ретIелги берцинлъиялъе хIалтIизе гьарулел жалги хIалалал рукIуна, гIаммаб куцалда босани. Кинниги гьезда гъорлъ руго хIалтIизаризеги ва гьездалъун къачIадизеги бегьуларел жалги.   Гьел киналго хIалтIизаризе бегьулел жал руго Аллагьас нилъее дунялалда ругебгIан заманалъ...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Якьадги росги   Дир якьадалъе бокьун букIана жиндирго квартира къачIан лъугIизабизе ва гьелъ нижеда гьарана кумек. Дир росас, дидаги гьикъичIого, хIажатаб гIарац къарзалъ кьуна. ЛъагIел ана ва гьеб гIарац нахъбуссинабизе гIедегIунев чиги гьечIо. Дир рос нечола ракIалде щвезабизе ва дида...


Суал-жаваб

Хабалъ ракIгъеялъул как кин балеб? ШафигIияб мазгьабалъул кIудияв гIалим Сайид МухIаммад Журданияс «ФатхIул ГIаллам» абураб тIехьалда хъван буго: «Гьел суннатал каказдасан ккола хабалъ ракIгъезабиялъул какги. Аварагас ﷺ абун буго: «Хварасе тIоцебесеб сордоялдаса захIматаб...


Ахиралде щвана

Баракатаб РабигӀул аввал моцӀ ахиралде щвана. Гьаб моцӀги Авараг ﷺ гьавураб къоги, цогидал моцӀал гӀадин нилъеца тӀобитӀичIо. Цогидаб заманалде ккун гьаб моцIалъ чияс дагьаб бугониги цӀалун батани Аварагасул ﷺ хӀакъалъулъ, абизе бегьула гьес хайир босанин.   ГӀумруялъ гьесул хӀакъалъулъ цӀаланиги...