Аслияб гьумералде

Напсалъул унтаби

Напсалъул унтаби

Инсанасул напсалъул бутIаялдасан ккола гурхIи, хIинкъи, вохи, яхI, ццим бахъин, цо щиб бугониги жо бокьи. Исламалъ тIолабго гьеб какун гьечIо. Щайгурелъул, Аллагьас  Къуръаналда муъминал лагъзадерие гурхIел бугелилан сипат гьабуна. Мисалалъе босани, Аллагьас ﷻ Къуръаналда абухъе (магIна): «Муъминзаби ккола, Аллагь рехсарабщинахъе жидер ракI чIвачIвадулел ва Гьесул аятал жидее цIалараб мехалда иман цIикIкIунел гIадамал», - абун.

 

Гьединго буго Аллагьасул ﷻ цIобалдалъун вохи. Аллагьас ﷻ Къуръаналда абухъе яги Аллагьасул ﷻ рахIматалде хьул лъей, Гьесда разилъи.

Гьел рухIиял рекIел хIалазде тIарикъаталъул агьлуялъ кIвар кьуна. Гьезда цIарги тана ахIвалал, даражаби абун. Машаихзабаз кIудияб кIварги кьола, инсанасул напсалъе тарбия кьеялде. ТIабигIиял, гIадатиял сипатаз инсанасе асар гьабула. Къуръан-хIадисалда бачIана гьел сипатаздасаги, напсиял тIаде рачIунел ахIвалаздасаги инсан вахъун кколарин, хIатта жалго аварагзабигицин рахъун ккечIин гьелдаса, гьел рохула, пашманлъула, релъанхъула, гIодула, хьул лъола, хIинкъула, разилъула, ццим бахъуна.

Нилъер аварагас ﷺ абуна: «Дун вуго инсан, дун разилъула халкъ разилъулеб гIадин, дир ццимги бахъуна халкъалъул ццим бахъунеб гIадин. Щив бусурбанчиясде дун вагъаниги, лъида тIил кьабуниги, дица гьесие гьеб гьабула кафаратлъун», - ян.

Къуръаналъ нилъеда бицана Муса аварагасул жиндирго къавмалда ццим бахъараб куц. Муса авараг Аллагьгун ﷻ кIалъан хадуб, халкъалъухъе тIадвуссиналде Самирияс гьабураб бачие лагълъи гьабулел гьел ратараб мехалда гьесул ццим бахъана. ХIакъикъаталда, Муса аварагасул ццим Аллагьасе ﷻ гIоло бахъараб букIана. Гьалдасан нилъеда бичIчIула напсалъул сипатал инсанасул чIаголъиялъул чара гьечIел жал рукIин. Амма щибго щаклъи гьечIеб жо буго, нилъеца гьел сипатал бергьине риччазе бегьунгутIи. Инсанасул гIакълуялдасан напсалъул сипатал бергьани, гьев битIараб жоялде нахърегIизе толаро, битIараб жоялдаса гьев таризавула. Инсанасда тIадаб буго жиндирго напсалъул сипатаздаги, тIаде бачIунеб хIалалдаги, гIакълуялъул кумекалдалъун кверщел гьабизе. Жиндирго напсалъул сипатазда нахъвилълъунев гьаваялда нахъвилълъунев чи вуго. Гьаваялда нахъвилълъиналъ чи беццги гIинкъги гьавула, битIараб нухдаса таризавула. Гьединлъидалин Аллагьас ﷻ Давуд аварагасда абун бугеб (магIна): «Я Давуд, Дица мун ракьалда тIад халипалъун тана, дуца гIадамазе битIараб хIукму гьабе, мун Аллагьасул нухдаса къосинавулеб гьаваялда нахъги вилълъунге», - ян.

Нахъеги Аллагьас ﷻ абулеб буго (магIна): «Дуе гьез жаваб гьабичIони, дуда лъай гьел руго гьаваялда нахърилълъарал чагIи. Аллагьасул тIоритIелги гьечIого гьаваялда нахъвилълъарасдасаги къосарав чи щив вукIунев?» - ян. Гьал аятаз ишара гьабулеб буго жиндирго гьаваялда нахъвилълъарав чияс Аллагьас ﷻ кьураб рагIиялдасаги, бихьиялдасаги, ракIалдасаги пайда босулареб букIиналде, гьес гьеб хвезеги гьабулеблъиялде. Лъица гьел хвезаруниги гьев вуго хIайваназда релълъенлъи гьабурав, гьездасаги квеш вугев чи.

 

МухIаммадкамил ХIажиев,

АнсалтIа росдал имам

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...